МагъчIваялъе рес

Москваялда антифашистазул марш


Москваялда рагIалде бахъана адвокат Станислав Маркелов ва журналист Анастасия Бабурова ракIалде щвезелъун тIобитIараб антифашистазул марш. Эркенлъи Радиоялъул мухбирас лъазабухъе, гьеб акциялда гIахьаллъун вуго чанго нусго чи, гражданиял активисталги, гIадатиял гIадамалги цо-цо политикиял багъа-башариязул церехъабиги. Гьединалго акциял тIоритIана Петербургалдаги, Хабаровскалдаги, Сыктывкаралдаги. Маркелов ва Бабурова чIван рукIана Москва бакьулъ 2009 соналъул 19 январалда. Гьел чIварав Никита Тихонов гIумруялъго жанив тIамуна 2011 соналда. Гьесда цадахъ йикIарай Евгения Хасисие кьун буго туснахъалъул 18 сон.
XS
SM
MD
LG