МагъчIваялъе рес

МахIачхъала: кьвагьиял ва хасаб операция


КIиго кьвагьи ккана МахIачхъалаялда бугеб «Золотая империя» рестораналда гIагарда. Гьел кьвагьиял гьарурал чагIи Семендералда тIобитIараб хасаб операциялда чIванилан лъазабулеб буго низам цIунулез.

Январалъул 17-билеб къоялъ къаси мехалда рестораналдехун гранатометалдасан кьвагьдон буго лъаларез. Рестораналъул тIохда щун руго гранатал ва гьенире кьвагьун руго гьел. Гьеб лъугьа-бахъин ккаралдаса 10-15 минут ун хадуб рестораналда гIагарда чIезабун букIараб «Приора» автомобиль кьвагьана.

Кьвагьараб автомобиль
Кьвагьараб автомобиль
ЦIех-рехалъул комитеталъул Дагъистаналда бугеб идараялъул лъазабиязда рекъон, гьел кьвагьиязда лъукъана 16 чи – полициялъулалги, гIадатиял гIадамалги.

Республикаялъул жанисел ишазул министерлъиялда бицана лъабго полициялъулав лъукъанилан, амма МахIачхъалаялъул кIиабилеб азарханаялда абулеб буго полициялъул 8 хIалтIухъан лъукъанилан.

Гьел лъугьа-бахъиназда хурхун уголовияб кодексалъул щуго стятьялдалъун такъсир гьабиялъул иш рагьана, гьелги: низам цIунулел идарабазул хIалтIухъаби чIвазе къасд гьаби, гIадамал чIвазе къасд гьаби, къануналда рекъечIого ярагъ тIибитIизаби, къануналда рекъечIого кьвагьул алат гьаби ва чияр магIищаталъе ургъунго зарал ккезаби.

Интернеталда Дагъистаналдаса чанги блогерас хъвана рестораналъул хIалтIухъаби квешго лъукъанилан ва цояй официантка хванилан.

Рестораналъул директор Заира ГIабдулмутIалимовалъ бицана «Эркенлъиялъе» хIалтIухъабазе щибго ккараб жо гьечIилан.

Заира ГIабдулмутIалимова: «ГIадамал ихтилат-кепалда хIухь бахъулел рукIана. Рестораналда лъабго-ункъго банкет унеб букIана. Рестораналъул хъаравулзабиги хIалтIуда рукIана.

Лъиданиги ракIалда букIинчIо гьадинаб жо ккелин…

Ресторан бугеб къватI сверухъ ккун буго низам цIунулез. Гьанире экспертал-криминалистал хIалтIулел руго. Рестораналъул хIалтIухъабиги гьанир руго. Гьезда гьоркьосан щивниги лъукъичIо».

Биххараб мина
Биххараб мина
​Гьеб сордоялъ рестораналда жив гьавурав къо кIодо гьабулев вукIун вуго Джелал Хадулаев цIар бугев махIачхъалаялъулав. Гьес «Эркенлъиялъе» бицаралда рекъон, гIадамазе кумек тIоцебе лъицаго гьабулеб букIун гьечIо.

Джелал Хадулаев: «ГIагарлгун дун гьавурав къо баркулел рукIана ниж рестораналда. Къаси сагIат анкьго тIубараб мехалда рачIана ниж рестораналда. 30-40 минут индал рестораналъул гордазда бугеб цIер сородизе байбихьана, рагIана кьвагьдеял.

Дун къватIиве векерана. Рестораналъул адмнистраторас абуна щибго ккараб жо гьечIилан, аскIоб бугеб къватIалда хIинкъи гьечIеб кьвагьи кканилан.

Гьебго заманалда диди рихьана автоматалги кодор ккун рекерун рачIунел рестораналъул хъаравулзаби. Дун жаниве ана ва ниж нахъе инехъин хIадурлъулел рукIана, амма къватIире ниж ричачIо. 15-20 минут индал кьвагьи ккана рестораналда аскIоб.

ЦIер гъурун гIодоб бана, гордазда аскIор гIодор чIун рукIарал цо-цо чагIазда речIана цIералъул кескал. Рестораналъул хIалтIухъаби залалда жанире рукIинчIо. гIадамаз жидецаго балагьана рестораналъул нахъисеб нуцIа ва гьенисан рачIана къватIире».

КIиабилеб кьвагьи ккараб бакIалда вукIун вуго Айдамир Даганов цIар бугев махIачхъалялъулав. Гьес бицана «Эркенлъиялъе» рестораналда аскIоре чIун рукIарал автомобилазе зарал кканилан.

Айдамир Даганов: «Дун гьениве вачIарав мехалда, полициялъ ресторан бугеб къват къалеб букIана. Лъукъарал гIадамал автомобилазда жаниреги чIезарун хъамун азарханаялде рачунел рукIана.

Бихьулеб букIана рестораналъе кIудияб зарал ккун бугеблъи – фасадалда бугеб цIер тIубанго гъурун бан бугоан.

Рестораналде рачIаразул цо-цо автомобилазеги зарал ккана. Гьезда аскIор чIезабун букIун буго доб кьвагьараб «Приора». Жибго рестораналда гIагарда чанги машина бухIулеб букIана».

Лъабго моцIалъ цебе рестораналда бомба рехун букIун буго, амма гьеб кьвагьичIо. Гьедин бицана Life-News агентствоялъе рестораналъул хважаин Сайпула ГIабдулмутIалимовас. Гьевгун кIалъазе «Эркенлъи» радиялъул мухбирасе щвечIо.

Цойги биххараб мина
Цойги биххараб мина
​Гьебго сордоялъ МахIачхъалаялда гIагарда бугеб Семендер поселокалда байбихьана хасаб операция.

Низам цIунулез сверухъ ккуна изну гьечIого яргъид гIуцIаразде гъорлъе унезул къокъа.

Минаялдаса жанисан къватIире ричан руго цо чIужугIаданги лъабго лъимерги.

Жанир ругел изну гьечIого яргъид гIуцIараз абун буго жал кодоре рачIинарин. Радал 18 январалда гьездаги къуватулъулаздаги гьоркьор кьвагьдей ккун буго.

Терорралде дандечIараб комитеталъул лъазабиязда рекъон, хасаб операциялда чIвана изну гьечIого яргъид гIуцIаразде гъорлъе унезул анкьгояв.

ЧIварал «махIачхъалаялъулаб» абулеб къокъаялде гъорлъе унеллъун рукIун руго. Низам цIунулел идарабазул лъазабиязда рекъон, чIваразда гъорлъ вуго гьеб къокъаялъул цевехъан МахIмуд ГIалиев.

ЧIваразда гъорлъ гьединго йиго цо чIужугIаданги. Гьелъул цIарги – Заира ГIалиева. Къуваталъулаз рикIкIунеб буго, гьей теракт гьабизе хIадур гьаюлей йикIанилан.

Волгоградалда теракт гьабурай Наида Асияловалъул лъикIай гьудуллъунги йикIун рагIула гьей. Рохьилазда гъорлъе унев гьелъул рос 2008 соналда чIван вуго.

Къаси 17 январалда хасаб операция тIобитIана Сергъохъала мухъалдаги. Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъул лъазабиязда рекъон, гьениб къуваталъулаз чIван вуго рохьилазда гъорлъе унев цо чи, лъабго цогидасе рорчIизе кIун буго.
XS
SM
MD
LG