МагъчIваялъе рес

Халид МухIаммадица америкалъул аскариял Исламалде ахIула


Цолъарал Штатазда вищун кIудияв террористлъун рикIкIунев шайих Халид МухIаммадица лъазабуна Ислам диналде гIадамал хIалица сверизаризе гьукъараб бугин Къураналда.

Цого мехалъ, жив 2003 соналда ккурал америкалъул аскарияздехун вуссун, ахIи бана Ислам дин босеян абун.

ГьабсагIат Гуантанамоялда жанив вугев шайих Халид МухIаммадиде гIунтIизабун буго 2001 соналъул 11 сентябрялда Америкалде гьарурал гьужумал хIадур гьариялъул гIайиб.
XS
SM
MD
LG