МагъчIваялъе рес

Пакистаналда хIалбихьи гьабун буго премьер-министрасул кумекчи чIвазе


ГьатIан къоялда бищун дагь босун анлъго чи хун вуго пакистаналъул премьер-мнистр Наваз Шарифил кумекчи ГIамир Мугам чIваялъул мурадалда гьабураб кIиго кьвагьиялъул хIасилалда. Ахирисесе зарал ккун гьечIо. Хварал кколел руго гьесул хъаравулзаби.

БакIалъулаб полициялъул бетIерасул рагIабазда, тIадекIанцIи гьабун буго Хайбер-Пухтунхва провинциялда. Хвалде унес живго кьвагьизавун вуго Мугамил кортеж чIараб бакIалда аскIоб.

Хадуб гьебго кортеж унеб нухалдаги кьвагьизабун буго цоги бомбаги.

Гьанжеги лъицаниги жидедего тIаде жавабчилъи босун гьечIо гьеб тIадакIанциялда хурхун.
XS
SM
MD
LG