МагъчIваялъе рес

Чонтаулалда чIван вуго "рохьилал" рукIиналъул щаклъи бугев кIиго чи


Гъизильюрт мухъалъул Чонтаул росулъ къуватиял идарабазул хIалтIухъабаз чIван вуго хъачагълъиялде гIахьаллъи букIиналъул щаклъи бугев кIиго чиян, лъазабулеб буго «Интерфакс» агентлъиялъ низам цIунулел идарабазул хIалтIухъанасда базабун.

Гьел чIван руго жал кквезе федералиял къуватаз хIалбихьулеб мехалда кьвагьдезе бай-бихьун хадуб. «Силовиказул» рахъалда лъиениги зарал ккун гьечIо. ЧIезабулеб буго чIварал щал кколелали.
XS
SM
MD
LG