МагъчIваялъе рес

Киевалда тунка-гIуси ккана оппозициялъулаздаги "Беркуталдаги" гьоркьоб


Киевалда Жанисел ишазул мухъалъул бутIаялда аскIоб араб сардикъ карал тунка-гIусиязда зарал ккарал митингалъул гIахьалчагIазул 11 чи азарханаялде щвезавиялъул хIакъалъулъ лъазабуна ТIадегIанаб Радаялъул инсанасул ихтиярал цIуниялъул тIадкъаял ругесул пресс-хъулухъалъ.

Жанисел ишазул министерлъиялъ лъазабуна гьединго гьел тунка-гIусиял унеб мехалда «Беркут» хасаб къокъаялъул къого гIанав хIалтIухъанасеги зарал кканин, цоясул бох бекизабун бугин.

«Беркуталъ» гьединго вухун вугот цеве пачалихъалъул жанисел ишазул министрлъун вукIарав Юрий Луценкоги. Гьанже гьес нухмалъи гьабулеб буго «Украиналъул лъабабилеб республика» абураб оппозицияб багъа-башариялъул.

Луценко рагIула реанимациялда. Диагностикаялъ бихьизабун буго гьесул ботIрода жанисеб ругъун букIин. Луценко вухиялда бан рагьун буго такъсирияб иш.
XS
SM
MD
LG