МагъчIваялъе рес

Америкаги Иранги ГIиракъалъе хIалае гIедегIула


ГIиракъ -- Шиитазул хIукуматалде данде чIарал сунитазул къеркьохъанал Эль-Фаллуджа шагьаралда.07Янв.2014
ГIиракъ -- Шиитазул хIукуматалде данде чIарал сунитазул къеркьохъанал Эль-Фаллуджа шагьаралда.07Янв.2014

Гьаб анкьида Америкалъул Пачалихъияв секретарь Джон Керрица абуна Цолъарал Штатазул аскарияз ГIиракъалда бугеб ахIвал-хIалалде гъорлъе журазе гьечIин, щай гурелъул, гьеб гъозул рагъ букIиналъул. Аммаила, тIаде жубана гьес, террористазде данде рагъ бачунел хIукуматалъул аскариязе кумек гьай-гьай гьабизе бугин.

КIиго чи чIван ва 40 гIанасев лъукъун вуго Киркук шагьаралда бахъараб кутакаб кьвагьиялъул хIасилалда. Жаниб бахчун тараб бомбагун юк бачунеб автомобилал къазабун букIана полициялъул минаялде.

Хасго лъица гьеб гьужум гьабурабали жеги лъалеб гьечIо, амма тIадтаразул хIисабалда жавабчилъи «Аль-КъагIидаялъул» бакIалъулаб бутIаялда тIад буго.

«ГIиракъалъул ва Леванталъул Исламияб пачалихъ» абулеб радикалияб гIуцIиялъул гIахьалчагIаз ахирисел къояз кIудияб хIаракат бахъулеб буго улкаялда унго-унгояб рагъ багъаризабизе.

Гьезда ва хинкъи гьечIолъи цIунулел хъулухъчагIазда гьоркьор кIудиял тунка-гIуссиял рагъарун ругоан Эль-Фаллуджа ва Рамади шагьаразда. Полициялъул баяналда рекъон Рамадиялда микьго къеркьохъан чIван вуго, кIигоявги ккун вуго.

Низам цIунулез къасд гьабулеб буго гьел чIаго кквезе гьезухъа хIажатал баянал рахъи мурадалда, киб бугеб террористазул чIей, щиб гъозул ракIалда бугеб ва цогидал.

Гьединго рагIулеб буго ГIиракъалъул авиациялъ Рамади шагьаралда террористазул чIеялде гьавадул кьаби гьабун букIанин абураб хабар.

Гьаб анкьил авалалда Америкалъул ХъахIаб рукъалъул вакил Джей Карница мухбирзабазде лъазабуна кватичIого Цолъарал Штатаз ГIиракъалъул аскариязе рагъулаб техника битIизехъин бугин абун.

Хасго Hellfire абулеб таIпаялъул ракетаби ва роржарухъаби гьечIел аэропланал. Аммаила, дурус гьабуна Карница, ГIиракъалъул тIадтараз жицецаго конфликт рагIалде бахъинабизе кколин.

Джей Карни:«ГIиракъалъул гIадамаз жидецагь маслигьаталде нух батизе ккола. Гьай-гьай нижеца гьелъие гIоло кумек гьабизе буго, ва ниж цадахъаб стратегиялда тIад ургъулелги руго Аль-КъагIидаялъул асар дагьлъизабизелъун.

Нижеда рихьула цо-цо икъбалалги. Хасго Рамадиялда. Амма хIасил гьабизе жеги цудунго буго».

ГIиракъалъул премьер-министр Нури аль Маликица эль-Фалуджа шагьаралъул гIадамазде ахIи балеб буго гьенир ругел къеркьохъанал нахъе гъезе кумек гьабеян гьарун.

ХIукуматалъул аскарияз шагьаралде гьарулел гьужумазул хIасилалда нус-нус чияс рукъзал тун лъутун руго къватIивехун.

Итни къоялъ пачалихъияб телевидениялдаса хиIтаб гьабулаго, Нури аль-Маликица цебеккунго лъазабуна эль Фаллуджаялда ругел гIадамазе кIудияб хIинкъи щвезе буго гьез аскариязе кумек гьабизе гьечIони.

Жидеца аскариязе буюри кьунин рагъулал ишал цIодорго гьаризе ракълилал гIадамазе зарал гьабичIого. Масала гIадатиял гIадамазул рукъзал ругел авалазде гьужумал гьаризе гьукъун руго, ян лъазабуна Нури Аль Маликица.

ГIиракъалъул премьер-министрасе къварбакъулеб Ираналъ лъазабуна жиб хIадураб бугин хIажатаб кумек гьабизе.

Исламияб Республикаялъул информационияб агентлъиялъ рехсана Ираналъул рагъул къуватазул штабалъул бетIерасул рагIаби – техникаги консультацияги кьезе ругин абурал.

Аммаила тIаде жубана генерал МухIамад ХIеджазица, Багъдадалъ гьединаб кумек ва цадахъаб хIалтIи хIажатаб бугин абураб гьfри жегиги загьирабичIин.

RFE/RL, ЦIиял харбазул хъулухъалъул баян.
XS
SM
MD
LG