МагъчIваялъе рес

Роберт Гейтсица жиндирго техьалда какулев вуго Барак Обама


Цолъарал Штатазул улка цIуниялъул министрлъун вукIарав Роберт Гейтсица америкаялъул президент Барак Обама какулев вуго Афгъанистаналда ракI чIечIел галаби гьариялъе гIоло.

«Хъулухъ: рагъда вугев министрасул мемуарал» абураб бахъизе хIадурун бугеб техьалда Гейтсица хъвалеб буго, Афгъанистаналда бан жинцаго бищараб стратегиялда хурхун, Обама вас-васдулев вукIанин ва гьесул мурад букIанин гьеб улкаялдаса рагъул къуватал нахъе рачи.

Гейтсил рагIабазда, ГIиракъалдаги Афгъанистаналдаги рагъул операцияби тIоритIиялда хурхун президент Обамал бербалагьи байбихьудасаго букIана скептикияб, гьел рагъал Джордж Бушил администрациялдаса ирсалъе щварал рагъаллъунги рикIкIунин.

Жиндирго техьалда Гейтсица гьединго какулев вуго Цолъарал Штатазул вице-президент Джо Байден. Гьес рикIкIунеб буго ХъахIаб Рукъалъулги Пентагоналъулги гьоркьорлъаби кьогIлъизариялъе квербакъи гьабунин Байденицайин.

Роберт Гейтс улка цIуниялъул министрлъун лъугьана президентлъиялда республиканияв Джордж Буш вукIараб заманалдаго, 2006 соналда. Жанджирго хъулухъалдаса гьев нахъе ана 2011 соналъул июналда.
XS
SM
MD
LG