МагъчIваялъе рес

ГIиракъалда ахIвал-хIал хIалуцун буго


ГIиракъалъул Дияла провинциялда бугеб Балад-Руз шагьаралда живго чIвалес кьвагьи гьабидал хун вуго 12 ва лъукъун вуго 25 чи. Хамиз къоялда ГIиракъалдаса рачIунел рукIана Фаллуджа ва Рамади шагьаразул чанго мухъал яргъидгIуцIарал гIадамаз кверде росиялъул харбал. Анбар провинциялда рагъал байбихьун рукIана итни къоялда полициялъ протесталъул акция гьабулезул мархьи биххизабураб мехалда. Гьеб ккана суниталгун шигIитазда гьоркьоб ахIвал-хIал хIалуциналъе багьаналъун.
Фаллуджагун Рамади шагьараздаса нахъе рачун руго ГIиракъалъул хIинкъигьечIолъи цIуниялъул къуватал.
XS
SM
MD
LG