МагъчIваялъе рес

Адвокаталъ диванчи диваналде кьун вуго


Адвокат Сапият МухIамадова
Адвокат Сапият МухIамадова

Адвокат Сапият МухIамадова полициялъулаз юхиялда хурхун рагьараб такъсиргьабиялъул иш къаялда тIасан хъвараб адвокаталъул гIарза нахъчIван буго МахIачхъалаялъул Советский мухъалъул диванчи ХIасанхIусен ХIусейновас. Гьесул хIукму мекъаб бугин чIезабейин тIалаб гьабун Дагъистаналъул ТIадегIанаб диванханаялъул диванчагIазул коллегиялде гIарза хъван буго гьей адвокаталъ.

Адвокат Сапият МухIамадовалъ жий юхиялда бан рагьараб такъсиргьабиялъул иш къаялъе ва гьеб къаялда тIасан гьелъ хъвараб гIарза нахъчIваялъе кьучIчIал гIиллаби гьечIин рикIкIунеб буго.

2011 соналъул 28 декабралда МухIамадова юхарал полициязда тIад гьабураб такъсирияб иш къазе хIукму къотIана Советский мухъалъул диванханаялъ. Гьебго ишгун цолъизабун букIараб Сапият МухIамадовалъ полициялъулал руханин абун рагьараб такъсиргьабиялъул ишги къана. Гьеб хIукмуялда тIасан гIарза хъван букIана адвокаталъ Советский мухъалъул диваналде, гьез гурел-гурел багьналги ратун хIажатал документал кодоре щвезеги течIого лъагIелхаласа гьабуна гьелъул хал. Гьелдаса хадубги жинда щибниги абичIого Сапият МухIамадовалъул гIарза нахъчIван буго диванчияс.

Сапият МухIамадова: «Гьеб диванханаялъул хIукмуялдаса тIасанги гIарза хъван букIана дица, исана 17 июналда , амма гьеб ишалъул хал гьабулеб Советский мухъалъул диваналъ хIажатал документалги кьоларого, цойги батIи-батIиял квекIеналги гьарун гьеб иш цебехун билълъине течIо, гьединлъидал халгьабиги халатбахъана. Къануналда рекъон щуго сордо-къоялда рекъон гьабизе кколаан гьелъул хал. Диванчияс дида щибго цIарги бахъичIого гьеб гIарза нахъчIван батана»

Адвокататалъул ишалъул цIех-рех, МухIамадовалъул рагIабазда рекъон, Дагъистаналъул хIукуматалъул вакилзабазцин гьабулеб буго. Гьелдаса хадуб гурони цебехун рехсараб гIарзаялъул хал гьаби байбихьун гьечIо диванчи ХIасанхIусен ХIусеновас.

Сапият МухIамадова: «Дагъистаналъул хIукуматалъул вакилзабаз цIехон буго Дагъистаналъул тIадегIанаб диванханаялъул бетIерасда дир ишалъул халгьаби щайин халатбахъинабулеб бугебилан. Гьелдаса хадуб тIадегIанаб диваналъул бетIер Мирзаевас гьеб иш жиндихъего тIалаб гьабуна. Гьебщинаб жоялдаса хадуб ХIусеновас лъазабуна дир ишалъул халгьаби исана 25 октябралда тIобитIизе бугилан. Гьеб къоялъ дун Москваялда йикIине кколин, дун ячIинегIан нахъбахъейин яги дун иналде халгьабейин абуниги гьелъухъ гIин тIамичIо лъицаниги. Дунги гьечIого халгьабулел рукIайин тун рукIанаха дицаги. Москваялдаса юссун хадуб диваналъул хIукму тIалаб гьабун щведал, жакъа-метеринги абун дихъе кьечIо гьеб. Гьеб хIукму къотIун гIаги бугебищин цIехедал дица диваналъул секретаралъ абуна хIукуму жеги къотIун гьечIин, диванчияс дир гIарзаялъул цIакъ мухIканго хал гьабулеб бугилан. 4 ноябралъ дун диванчи ХIасанхIусен ХIусеновасухъе щведал гьес дида абуна жиндица дур рахъ ккураб хIукму къотIизе бугин, хадуб лъилниги тIадкIалъай букIунареб хIалалъ гьеб иш роцIцIинабизе цо чанго къо кьейин жиндиейилан. Амма 12 ноябралда Дагъистаналъул хIукуматалъул нухмалъулев Рамазан Жапаровгун букIараб дандчIваялда гьес дида бихьазабуна дир гIарза нахъчIвазе къотIараб хIукму»

Гьеб хIукмуялъул магIна щибин цIех-рех гьабизе лъугьиндал, Сапият МухIамадовалда, Советский мухъалъул диваналъул секретаралъ лъазабун буго гIарзанахъчIваялъул гIайиб гьелда жиндаго бугилан. Гьелъ диванчи ХIусеновасда хIукуматалъул бетIерас бихьизабураб хIукмуялъул абун хадуб гьелда рекъезабизе кканин диванчияс кинабго ишилан. Гьеб кинабго чIалгIанин жиндида, гьединлъидал гьев къойил хисардулев диванчиясда тIасан гIарза хъванин жиндица Дагъистаналъул ТIадегIанаб диваналъул коллегиялдейин, гьев ХIусенов жиндирго хъулухъалда вукIине мустахIикъав вугищ яги гьечIищали халгьабизе кколин лъазабулеб буго адвокат Сапият МухIмадовалъ.

XS
SM
MD
LG