МагъчIваялъе рес

Мушарраф азарханаялде щвезавун вуго


Первез Мушарраф, Карачиялда пресс-конференциялда, 27Мар 2013
Первез Мушарраф, Карачиялда пресс-конференциялда, 27Мар 2013
Пакистаналъул вукIарав премьер-министр Первез Мушарраф азарханаялде щвезавун вуго ракI унтиялда щаклъи букIун. Лъазабулеб буго пачалихъиялъе хилиплъи абулеб ишалда сверун диванаханаялъул гIенеккиязде вачун унаго гьесда унти речIчIун бугин.
Гьеб ишалъул гIенеккиял байбихьилалде Исламабадалда кьваризарун рукIана хIинкъигьечIолъи цIуниялъул тадбирал. Нус-нус полицияс цIунун букIана Мушараффил рукъалда аскIоса байбихьун диванханаялде унеб кIиго километралъул халалъи бугеб нух.
Гьебго ишалда сверун цебесеб кIиго данделъи нахъбахъун букIана хIинкъигьечIолъи цIуниялъул мурадалда.
Генераллъун вукIарав 70 сон барав Мушараффида гIунтIизабулеб буго конституциялъул къуватги чIезабун 2007 соналъул ноябралда гIадлу-биххиял рукIараб мехалда улкаялда гъорхъолъа борчIараб ахIвал-хIалалъул низам лъазабиялъул гIайиб.
Гьесда тIад гьединго рагьун буго 1999 соналдаса 2008 соналде щвезегIан улкаялъул нухмалъиялда вукIаго чанго такъсир гьабиялъул ишги. Гьесда гIунтIизарулел гIайибазул цояб хурхараб буго Пакистаналъул йикIарай премьер-министр Беназир Бхутто теракт гьабидал хвеялда.
Мушараффица жинда гIунтIизарулел киналго гIайибал нахъ чIвалел руго ва абулеб буго гьезул политикияб кьучI бугин.
XS
SM
MD
LG