МагъчIваялъе рес

Путин щвана Волгоградалде


Россиялъул президент Владимир Путин 1 январалъул радал щвана Волгоградалде. Гьес тIугьдул лъуна 30 декабралда троллейбус кьвагьизабураб бакIалда ва щвана азарханабазда регун ругел шагьаралда ккарал терактазда лъукъаразухъе. Путиница гьединго тIобитIана терроризмгун къеркьеялъул суалал гьоркьоб лъураб данделъи Федералияб ХIинкъигьечIолъи цIуниялъул идараялъул ва Жанисел ишазул министерлъиялъул бутIрул Александр Бортников ва Владимир Колокольцевгун, гьенирго рукIана гьел идарабазул регионалиял бутIабазул нухмалъулелги.
Президент Волгоградалде вачIун вукIана Хабаровскалдаса. ЦIияб сон тIаде щвелалде гьев дандчIван вукIана чанго моцI цебе лъинал кIанцIиялъул зарал ккарал бакIалъул гIадамалгун.
29 ва 30 декабралда Волгоградалда гьабураб кIиго кьвагьиялъул хIасилалда хун вукIана 34 чи, анцI-анцI чи жеги хутIулев вуго шагьаралъул ва Москваялъул азарханабазда. Цояб гьабун букIана маххул нухлул вокзалалда, цогияб- гIадамал рекIараб троллейбусалда жаниб.
Регионалда лъазабун буго террористияб хIинкъиялъул «тIогьилаб» ай цIикIкIараб даража.
Волгоградалда ва мухъалда лъазабун буго чIегIер баялъул щуго къо.
XS
SM
MD
LG