МагъчIваялъе рес

Хасавюрталда тунка-гIусиял


Изну гьечIого яргъид гIуцIаралгун тунка-гIусиял, хасаб операция, чIваял – гьединал лъугьа-бахъинал ккана гьал къоязда Хасавюрт мухъалда.

Ахирисеб лъугьа-бахъинлъун ккола изну гьечIого яргъид гIуцIаразде гъорлъе унел кIигояв чIвай. Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъул пресс-хъулухъалда бицана, «Карланюрт-Могилевское» трассаялда полициялъул къокъаялде квагьдей рагьанилан аскIосан унеб автомобилалда жанисан. Ккараб тунка-гIусиялда автомобилалда жанир ругел чIван руго. Полициялъулазда гъорлъ щивго лъукъичIого.

ЧIварал щал ругелали лъазабун буго низам цIунулез. Цояв ккола Анвар Юсуповлъун, цогидав – Темирлан Мункиевлъун. «Ауховская» абулеб изну гьечIого яргъид гIуцIаразул къокъаялде гъорлъе унеллъун кколин кIиялго илан бицана МВДялда.

Доку ГIумаровасул къокъаялде гъорлъе унев рохьилав чIванилан, лъазабуна Терроралде данде чIараб миллияб комитеталъ. Гьев чIван вуго 28 декабралда Хасавюрт махъалда тIобитIараб хасаб операциялда. 27 декабралда низам цIунулезухъе щун буго оперативияб информация Петраковское росулъ изну гьечIого яргъид гIуцIаразул къокъа бахчун бугилан. Хасавюрт шагьаралда гIагарда бугеб росу кколаан гьеб.

Комитеталъул лъазабиялда рекъон, къуваталъулаз сверухъ ккун буго рохьилал жанир ругел мина. ГIадамал хех-гьабун жидерго рукъазабалъа гочинарун руго. «Минаялда жанир ругел рохьилазда чанги нухалъ абуна кверде рачIеян, амма гьез къабул гьабичIо гьари», - илан хъван буго комитеталъул сайталда.

Лъазабиялда рекъон, изну гьечIого яргъид гIуцIараз чанги нухалъ хIалбихьун буго къуваталъулазул гIорхъолъа рорчIине. Байбихьараб кьвагьдеялда рохьилазул цояв чIвана, цогидасе тIуризе кIвана. ЧIварав щив вугевали чIезабуна хасал хъулухъаз. Гьев кколе 23 сон барав Ислам Атиев. Федералияб хасаб хъулухъалъул оперативияб штабалда бицана, 2008 соналдаса байбихьун Атиев Доку ГIумаровасул Чечняялда бугеб къокъаялде гъорлъе уневлъун вукIанилан.

Низам цIунулел идарабазул хIалтIухъаби чIвай, кьвагьиял, гIадатиял гIадамал чIвай – гьединал такъсиразулъ Атиевасул лъалкI бугилан лъазабулеб буго Терроралде данде чIараб миллияб комитеталъ. Гьединго Хасавюрт мухъалда ккарал такъсиразулъ гIайибавлъун вукIине бегьула Атиев илан рикIкIунеб буго Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялда. Гьел такъсиразул цояб: 25 декабралда Муцалаул росулъ чIвана II сон барай яс, гьелъул эбел захIматго лъукъана, гьединго лъукъана гьезул гьоболги. ГIаракъи бичи сабаблъун кканилан гьеб лъугьа-бахъи рикIкIунеб буго низам цIунулез.

29 декабралда жеги кIиго лъугьа-бахъин ккана Хасавюрталда. Шагьаралъул жанисел ишазул идараялъул минаялда гранатометалдасан кьвагьдон буго цояс. Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялда бицаралда рекъон, жеги чIезабун гьечIо лъица гьеб такъсир гьабураблъи. «Чанги граната щвана идараялъул минаялда, амма лъукъарав щивго гьечIо. Жибго минаялъеги батIаго ккараб зарал гьечIо. Гьеллдалъун абизе бегьула гьев такъсирчиясда гранатомет хIалтIизабизе лъалеб букIун гьечIилан», - ян бицана жанисел ишазул министерлъиялъул пресс-хъулухъалъул вакилас.

Цогидаб лъугьа-бахъин – нухда бугеб кафеялъул хважаин чIвана Хасавюрталда. МахIачхъалаялде унеб нухда бугеб кафеялъул хважаин хIалтIуда вукIун вуго. ЧIвадарухъанас гьениве жанивги вачIун кьагьдон буго гьесда. Кафеялъул хважаин гьенивго хун вуго, чIвадарухъан тIурун вуго. Гьесул лъалкI балагьулеб буго низам цIунулези илан лъазабун цIех-рехалъул комитеталда.

Политолог ва жамгIияв хIаракатчи Максим Шевченкоца рикIкIунеб буго, Дагъистаналда хIалуцараб ахIвал-хIал гIемерисала бараб бугин терроралде ва экстремизмалде данде къеркьолел идарабазул хIалтIуда. Амма гьел идарабазда къуваталъул мацIалда гурони кIалъазе кIолеб гьечIилан абуна экспертас «Эркенлъи» радиоялъе.

Максим Шевченко: «ЦохIо къуват хIалтIизабиялъ кинал-гIаги хIасилал кьоларо. Дагъистаналъул хIакимазул кIалъаязухъ гIенеккидал кколеб буго гьезда гьеб ахIвал-хIал бичIулеб букIин. Амма рагIаби – цо, бугеб жо – батIияб. Терроризмалде ва экстремизмалде данде къеркьолел идарабазул хал гьабе. Гьезги бицунаан идеологиялъул ва пропагандаялъул. Амма идеологияб рагъда къолел руго гьел. Рагъ кидаго бюджеталда бараб букIунаан. Гьелдалъун дида мех-мехалдасан ккола, Дагъистаналда терроралде данде къеркьолел ругин бюджет тIубаялъе гIоло ва бачIунеб заманаялда гьеб цIикIкIинабиялъе гIоло. Дида Дагъистаналда бугеб ахIвал-хIал цо-цо мехалда коммерцияблъун бихьула».

Информациялъул алатаз гьал къоязда Хасавюрт гуребги Дербентги рехсолеб букIана. НекIсияб шагьаралда 29 декабралда кIиго кьвагьи ккана. ГIаракъи бичулел тукеназда гIагарда лъун рукIун руго кьвагьул алатал. Гьел лъугьа-бахъиназда лъукъана анлъго чи.

XS
SM
MD
LG