МагъчIваялъе рес

4 аскарияв лъукъун вуго Мисралда


Мисралъул Эль-Шактия абулеб вилаяталда рагъулаб цIех-рехалъул хъулухъалъул минаялда цебе гьатIан къоялъ жаниб бахчун тараб бомбагун автомобиль кьвагьун, ункъго рагъулав хъулухъчи лъукъун вуго.

Мисралда ахIвал-хIал цIакъ хIалуцана МухIамад Мурси президентасул хъулухъалдаса нахъе ун хадуб.

Гьесие квербакъи гьабулеб букIана гьалкъояз террористикияблъун лъазабураб «Вацал бусурбаби» абулеб багъа-бачариялъ.

Улкаялда зулму цIикIинабиялъул гIайиб тIадтараз гIунтIизабулеб буго гьеб багъа-бачариялъул рахъ кколезде.
XS
SM
MD
LG