МагъчIваялъе рес

Прокурорасул гIагарлъи митингалде бахъана


Protest action in Dagestan. 28Dec2013
Protest action in Dagestan. 28Dec2013

Махъачхъалаялъул Совет мухъалъул прокурор МухIамад Оруджевасул гIагарлъиги, гьесул рахъ кколел чагIиги митингалде рахъана гьал къоязда. Къануналда рекъечIего ярагъ тIибитIизабулеб букIанилан Оруджевас илан рикIкIунеб буго цIех-рех чагIаз. Митингалде рахъаразни абулеб буго прокурор хIалтIудаса вахъиялъе гIоло рагьанилан гьесда хурхун такъсир гьабиялъул иш.

Уголовияб иш рагьана 13 ноябрялда. Ярагъ тIибитIизаби гуребги Оруджевасда чIвалеб буго цойги гIайбги: хъулухъги хIалтIизабун гьересиял документал гьари. 21 ноябралда диваналъ Оруджев Совет мухъалъул прокурорасул хъулухъалдаса нахъе вахъана.

11 декабралда цIех-рех гьабун хадуб Оруджев низам цIунулез ккуна ва заманаялъул туснахъалда тIамуна.

Гьебго къоялда Оруджевасул рокъоб чIухь бана низам цIунулез. Жиндир цIар тIатинабизе бокьичIев прокуратураялъул хIалтIухъанаса бицаралда рекъон, чIухь балеб мехалда рокъор щалниги рукIун гьечIо. ТIаде щварай Оруджевасул чIужуялда низам цIунулез бихьизабун буго рокъоб батараб ярагъ.

Оруджев кквеялда тIаса баянал кьолаго, «Кавказский узел» агентствоялъе адвокат Расул Къадиевас бицана Оруджевасда абун букIун бугин уголовияб статистикаялъул идараялъул нухмалъулевлъун тIамизе вугин гьев.

Оруджев разилъул гьечIо ва гьесда хурхун рагьун буго административияб иш. Гьелда данде Оруджевас диваналде гIарза кьун буго республикаялъул прокурор Рамазан Шахнавазовасда хурхун уголовияб иш рагьеян, щайгурелъул гьес гьересиял харбал ричалел ругин.

Гьелдаса хадуб Оруджевасе гьужумал щванилан рикIкIунеб буго Къадиевас.

Гьевгун рази руго 27 декабралда митингалде рахъаралги. Нусгоялдаса циIкIкIун чи вачIана гьеб тадбиралде.

Митинг бачунев «Яблоко» партиялде гъорлъе унев Альберт Эседовас абуна, Оруджевасул ихтиярал низам цIунулез хвезарулел рукIин республикаялъул нухмалъиялда лъазабиялъе гIоло рахъанилан жал къватIире. «Бихьулеб буго къанунал хвезарулел рукIин.

ХIакимазде буго цо хитIаб – халкъгун цадахъ рукIа, халкъалда гIенекке. ГIадатиял гIадамал къватIире рахъана Оруджевасул ихтиярал хвезаругеян», - илан абуна Эседовас.

Оруджевасул адвокат Тайибат Салмановалъги абуна хIалтIудаса вахъарав прокурорасда гIиллаги гьечIого рагьанилан такъсир гьабиялъул иш. «Оруджевасда абуна цогидаб хъулухъалде айилан.

Гьесие гьеб рекIее гIечIо. Гьес абуна бугеб хъулухъалдаса гьитIинаб бакIалде жив инарилан ва жиндие бокьараб мухъалда прокурорасул хъулухъ кьеян. Гьелдаса хадуб байбихьана гьабщинаб жо.

ТIоцере рукIана административиял ишал. Хадуб баккана уголовияб ишги», - илан абуна адвокат Салмановалъ.

Прокуратураялъул ва полициялъул хIалтIухъабазул профессионалияб цолъиялъул нухмалъулев МухIамад Шамиловги щвана митингалде.

Низам цIуниялъул системаялда махщелги лъайги бугел хIалтIухъаби нахъе рехулел ругин абуна гьес ва тIаде жубана Оруджевасдехун байбихьарал гIадал гьужумал цогидал прокураразеги гьарунин цере.

Шамиловас абуралда рекъон, жанисел ишазул цIияв министр вукIа яги республикаялъул цIияв прокурор вукIа – щивас жидерго команда гIуцIулеб буго ва гьелде гъорлъе ине бокьичIезе хIалтIудаса нахъе гъолел руго.

МухIамад Шамилов: «Нухмалъяилде тIамурав чиясе жив ханлъун вахъине бокьун буго. Гьесие къварилъи гьечIо жиндир ишалги къануналги батIи-батIиял нухдасан унел рукIин.

Къануназул нух тIаса бищаразе гьев ханас рахIат толеб гьечIо. Гьедин ккана Оруджевгунги. Гьесда хурхун рагьараб иш ккола фабрикациялъун. Ярагъги гьесие рехана.

Гьесул рокъоб букIана къануналда рекъон босараб ярагъ, цогидаб гьесие щибизе. Логика киб бугеб? Гьелдалъун кинабгIаги щаклъи гьечIо гьеб ярагъ МухIамад Оруджевасе рехиялда тIаса».

Оруджевасул митингалде гьединго рачIана МухIарамкент мухъалъул Самур росулъа чагIиги. Гьез абуна, жидее бокьун гьечIин Самур гIоралда къалеб сангар.

Лъимкьабулеб станция баялъ экологиялъе зарал гьабизе бугин рикIкIунеб буго гьел чагIаз. Самур росулъа чагIаз бицана митингалда гьоркьоса къотIичIого гьениб бугеб ахIвал-хIалалда хадур халккун полициялъул патруль бугин, гьезулгун бакIалъул гIадамазул тунка-гIусиги камулеб гьечIин.

Самуралда сангар баялда жал рази ругищали яги гьечIищали жидеда гьикъзецин гьикъичIилан абуна митингалда росдалчагIаз.

Гьезул рагIабазда рекъон, Дербентгун Избербашалде лъим бачине байбихьани Самуралъул лианазул рохь хвезе буго. Цоги гьединаб рохь гьечIо Россиялда.

Митингалда гIахьаллъараз гьарана президент Рамазан ГIабдулатIиповасда жидер масъалаялде валагьеян. Гьезул хьул буго ГIабдулатIиповасда жидер ургъел бичIиналда.

Амма экспертазул пикруялда рекъон, республикаялъул тIалъи гьеб суалалда гъорлъе къазе гьечIо, щайгурелъул Самур гIурул лъеда сверун галан къай ва Дербентгун Избербашалде лъим бачиналъе балеб система ккола федералияб проектлъун.

Гьеб проект тIубалеб буго Дербенталъул юбилей гьабилелде.

Митингалъул ахиралда гIахьаллъулез къабул гьабуна хасаб резолюцияги. Гьениб хъван буго, ЦIех-рехалъул комитеталъги, Россиялъул прокуратураялъги Оруджевасул уголовияб ишалъе къимат кьезе кколин.

Гьединго резолюциялда рехсон буго самуралъулазул тIалабазда гIинтIамизе кколин республикаялъул нухмалъи.
XS
SM
MD
LG