МагъчIваялъе рес

Р. ГIабдулатIипов: «Ахиралда хутIарав лъабгояв нахъе ине вуго»


Ramazan Abdulatipov and his new representatives. Makhachkala, 27Dec2013
Ramazan Abdulatipov and his new representatives. Makhachkala, 27Dec2013

27 декабралда Мах1ачхъалаялде данделъун рук1ана муниципалиял г1уц1абазул киналго нухмалъулел. Гьениб республикаялъул нухмалъулес гьабуна Дагъистан ункъиде бикьиялда бараб лъазабиги.

Гьеб мехалда журналисталги блогералги цIакъго кIвар кьун гIенеккеян тIадеги жубана.

Щайин абуни гьеб рикьиялда бан гьез интернеталда кIудияб ахIи-хIур бахъинабун бугила пачаясул заманалда гIадин жинца Дагъистаналъул ункъо бутIа гьабун бугилан.

ШартI хIисабалда гьабураб рикьи букIин гурони, гьелдалъун гьелъул лъиениги зарал ккезе гьечIила.

Республикаялъул нухмалъулесул рагIабазда рекъон, пуланаб бакIалда бугеб хIакъикъияб ахIвал-хIал бачIинахъего жиндихъе щвезабулел чагIи къваригIун руго гьесие.

Кинав вугониги бакIалъул нухмалъулесде тIадецуй гьабизе гьеб ункъабго бутIаялда толел вакилзабазулги киналгIаги ихтияралги ресалги рукIине гьечIила.

Гьале гьев ункъавго вакиласул цIаралги. Шималияб мухъалда президентасул вакиллъун толев вуго Гъизляр шагьаралъул нухмалъулев Вячеслав Паламарчук, Централияб мухъалда – МухIу ГIалиевасул заманалда хIукуматалъул нухмалъулевлъун вукIарав Шамил Зайналов, МугIрузул мухъалда – цеве КГБялда хIалтIарав Ибрагьим Ибрагьимов,

Къилбаялъул мухъалда – МухIарамкент мухъалъул нухмалъулев Мусаэфенди Велимурадов. Гьанже гьел киназго тезе ккола цере жидер рукIарал хъулухъал.
Гьеб данделъиялда тана цойги нухмалъулевги – муниципалиял гIуцIабазул нухмалъулезул ассоциациялъул кIудияв.

Гьеб хъулухъ тIад къана Лаваша мухъалъул нухмалъулев МухIамадхIажи МухIамадовасда. Ассоциация ккола гIицIго жамгIияб идара. Абулаан гьелъул киналгIаги ихтиярал гьечIониги, живго цевесеб кьерда вукIине къваригIун МахIачхъалаялъул мэрлъун вукIарав СагIид Амировас ургъараб гIуцIи бугин гьебилан.

Гьанже исана 1 июналда туснахъ гьавун гьевгун чIобого хутIун букIана гьеб хъулухъ. Гьединлъидал гьанже гьениве цIияв чи Амировасул квербакъиялдалъун тIамуравлъун бичIчIана цо-цоязда. Щайин абуни чанго соналъ цебе Лаваша мухъалда рищиязда бергьана Амировасулин рикIкIунев МухIамадов МухIамадхIажи, республикаялъул нухмалъулесул чиги къезавун.

Ассоциациялъул нухмалъиялде МухIамадхIажи МухIамадов тIамулеб мехалда гьеб данделъиялда вукIинчIо республикаялъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIипов. Муниципалиял нухмалъулезе къимат кьолаго, гьес гьездаса разилъи загьир гьабичIо.

Къанун щвалде щвараб гьечIолъиялъул гIунгутIиги буго. Гьелде кIвар буссинабуна ГIабдулатIиповасги.

Рамазан ГIабдулатIипов: «Мухъазул нухмалъулезухъа рахъун ихтиярал цин бакIазул, цинги республикаялъул даражаялде кьолел руго. Гьеб хIисабалде босизе ккола федералияб къануналъ.

БакIалъул нухмалъиялъул хIалтIуца жамгIияталда жаниб аслияб бакI кквезе ккани, гIарац букIине ккола муниципалитетазул.

Гурони кин гьабуниги хIалтIи релълъунаро. Амма гьедин букIине ккани, лъицаниги щибниги кьелародайин балагьун чIечIого, жалго хIалтIизе ккола. Магъалаби ракIаризе ккола.

Ракьулгун транспорталъул магъалаби ракIаризе кIванигицин мадар букIинаан. Муниципалитетазул гуребги, тIолабго Шималияб Кавказалъулго буго гьединаб хIал.

80 миллиард гъурщил бакIалда нилъеца 26 миллиард гъурущ гурони бакIарулеб гьечIо магъалабазул».

Унголъунги ракIбацIцIадав чиясе захIмалъулин ракI-ракIалъ нухмалъи гьабизеян абуна ГIабдулатIиповас. Гьединго нухмалъулесул хъулухъалъулъ бер бахилаб жоги щибниги гьечIила.

Рамазан ГIабдулатIипов: «Хъулухъазда бер бахиллъи букIуна чиясе гьерсал рицинеги, цIогьодизеги, жиндиего рекIелгъеял гьаризеги къваригIун бугони».
Республикаялъул нухмалъулес абуна нилъ кутакалда нахъа хутIун ругин Россиялда гуребги, мадугьалихъ бугеб Азербажаналдасагицин.

Бакуялдаса МахIачхъалаялде вачIунаго жиндир ракI къварилъанин гьеб кIиябго шагьаралда гьоркьоб бугеб батIалъи бихьарабго.

Гьес кIвар буссинабулеб букIана бакIалъул нухмалъулез социалиябгун экономикияб рахъалъ жиде-жидер мухъал церехун рачине ккеялде.

Буйнакскалда букIараб данделъиялда хIукму гьабунила гьеб рахъалъ хасаб сияхI гIуцIизе.

Цинги ахиралде ккарав лъабго нухмалъулесда хъулухъ тезабизе. Гьеб мехалда хъуй бахъана гIодор чIаразул.

Ахирги гьеб батулин хъулухъал тезе ракIалда ругел нухмалъулезул хъуй, щайгурелъул хадурккун берцинго хIалтIизе ракIалда бугел нухмалъулел ратулила гьабизесеб хIалтIуда тIад ургъулел.
XS
SM
MD
LG