МагъчIваялъе рес

ГIиракъалда ккун вуго мажлисалъул депутат-суннит


ГIиракъалда ккун вуго мажлисалъул депутат-суннит АхIмад аль-Алвани. Гьев ккола тIалъи гьабулел шиитазде данде чIараб оппозициялъул асар кIудияв вакил.

Гьесде гIунтIизабулеб гIайиб – терроризмалде хурхен букIин.

ГIиракъалъул полициялъул лъазабиялда рекъон операция унеб мехалда чIван вугин Алванил вацги гьесул щуго нукарги.

Жеги 18 чи лъукъун вуго.

Гьезда гъорлъ – гIадлу-низам цIунулев анцIго хъулухъчи.

Гьеб хасаб операция гьабун букIана Рамади абулеб шагьаралда Алванил рукъалда сверухъ.

Цолъарал миллатазул гIуцIиялъул баяналда рекъон исана суннитазда ва шиитазда гьоркьоб багъарараб питнаялъул хIасилалда мильазаргогIан чи къурбанлъун ккун вуго.
XS
SM
MD
LG