МагъчIваялъе рес

Баркула «баркуларо» тIаде щолеб ЦIияб Сон


Цересел соназдаго гIадин исанаги диниял црехъабаз хитIаб гьабулеб буго ЦIияб Сон кIодо гьабизе бегьуларилан. Мисалалъе Азербайжан республикаялда «Исламияб партиялъул» вакилзабаз лъазабулеб буго цIияб соналъул тIоцебесеб къо дандекколеб бугин бусурбабазул хирияв авараг гьавураб къоялде гьединлъидал тIубанго бегьуларин бусурбабаз цIияб соналда дандчIвай гьабизе. Дагъистаниязул гьелда тIасан бугеб пикруялъул цIех-рех гьабуна нижеца.

Исанасеб ЦIияб сон дандекколеб буго салат салам лъеяв МухIамад авараг накълулъараб къоялде. Гьединго гьесул ясалъул вас ХIасан ва цоги бусурбабазул имам хвараб къоялде.

Гьелда бан Азербайжаназул «Исламияб Партиялъ» чIванкъотIун суал лъолеб буго бусурбабазул хирияв авараг хвараб къоялъ капурзабазул байрам кIодо гьабизе бегьуларин исламалда вугев чиясилан.

ЦIияб сон кIодо гьабизе бегьуларилан абурал хитIабал соналдаса соналде машгьурлъулел руго Дагъистаналдаги. Санайил мажгитахъ дибирзабаз гьарулел вагIазабазда кIвар буссинабула гьеб исаламияб байрам кколарилан.

Гъоркьиса ва цебесеб соналъ МахIачхъалаялъул цо-цо мажгитахъ рикьулел рукIана ЦIияб Сон кIодо гьабиялде данде халкъ ахIулеб хитIаб тIад хъварал тIамчал.

РукIана цIакъго ахIвал-хIал хIалуцарал хIужабиги. Гьединал тIамчал рикьунилан мажгиталъул хIалтIухъанги гьел рикьулел рукIарал гIолохъабазул чангоялги жанисел ишазул идараялде рачана полициялъулаз.

Исана абизе ккола гьединал хIужаби жеги загьирлъичIилан, амма ЦIияб Сон кIодо гьабизе бегьуларилан абурал гIадамал кингоги руго.

Жакъа къокъ гьабун абуни щивав чиясул бусурманчиясулъ бессун бугин абизе бегьулин гьеб байрам кIодо гьабизе бокьи, гьеб бегьуларилан гьезда чIанкъотIун лъазабизе лъугьани гьез гьеб къабул гьабулин квешаб хабар гIадин.

Амма жакъа исламалъул гуреб байрам кIодо гьабичIого тей лъикIаб бугин бусурманчиясеян бицана «Эркенлъиялъе» Шамил мухъалъул Гъогъолъ росдал имам МухIамадрасулхIажияс:

ГIисинлъималазухъа рохел бахъизе лъугьун ругин гьанже диниял церехъабиян абулеб букIана чанги чияс, хасго гIолохъанал улбуз.

Исламалъулаб республикалъун кколареб дагъистаналда гьеб байрам гьукъизе ихтияр гьечIилан абуна МухIамадрасулица гьелъул бицен гьабидал

МухIамадарсул-хIажи: «Щивав чияс жиндир рокъоб бугеб лъимер гьукъизе бегьила, берцинаб вагIза насихIат гьабун ялъуни цогидаб нухалдалъун. Гьаб жо тезе кколин нилъецаян берцинаб хабар бицун гьабуни гурони бажарулеб гьечIелъулха халкъалда гьоркьоб гьеб гьукъун. Бусурбабазухъ тIалъи букIарабани нилъеда лъалаан ЦIияб Сон кIодо гьаби лъугIизе букIана Дагъистаналда.

Жакъа жиндир ханлъи гьечIеб бакIалда бетIерлъи гьабизе лъугьарав чиясул ахир кинаб кколеб? БетIер гьечIого хутIула. Гьединлъидал нилъерго лъимал гьеб байрам кIодо гьабичIого теялде кантIизаризе кIвани гьеб гIун буго нилъее»

Гумбет мухъалъул Гъоркьаинхоса СайгидахIмадов ГIабдулатIип ккола росдал школалъул мугIалим.

Цебе байрам хIисабалда къабул гьабулеб букIун батаницин, чанго соналъ цебе тIарикъаталъул нухде лъугьаралдаса жиндир гьелдехун бугеб бербалагьи хисанилан бицана гьес.

Амма хIалтIулеб бакIалда ЦIияб Соналда хурхун гьарулел тадбиразе хIадурлъи гьабулелъул кинаго жиндица гIахьалъи гьабичIо тIубалеб гьечIилан бицана гьес:

СайгидахIмадов ГIабдулатIип: «ГIахьалъи гьабичIого тIубалеб гьечIо, хасго школалъе санайил районалдаса биччалеб гIарацги букIуна гьелъие, гьебмехалъги ресго букIунаро гьел тадбиразулъ гIахьалъи гьабичIого.

Амма цебе гIадаб чIаголъи букIунароха нижер гьаниб цIияб соналда, гIоло-гIолохъанал чагIазцин цо кIудияб кIвар кьолеб гьечIо гьеб байрамалъе.

Амма цогидал росабалъ гьедин гьечIо, мисалалъе босани Болъихъ мухъалда кIудияб пуй-чIваялда кIодо гьабулеб буго ЦIияб Сон».

Амма кигIан гьеб байрам кIодо гьабизе бегьиларин диниял церехъабаз ахIи балеб бугониги дагъистаниязул гIемерисел ЦIияб Сон кIодо гьабизе хIадурлъулел руго.

Тахшагьаралъул майданалда кIудияб накIкIигъветIги къачIан официалияб куцалъ цIияб соналъул байрамалда хурхун гьарулел тадбиразе байбихьи лъуна талат къоялъ.
XS
SM
MD
LG