МагъчIваялъе рес

Москваялда митингалде рахъунел руго кавказиялги, татаралги, мигранталги


Иргадулаб ГIурусазул марш.
Иргадулаб ГIурусазул марш.

26 январалда Москваялда тIобитIизе буго исламалдаги, кавказияздаги, миллатчилъиялдаги дандечIараб митинг.

Гьедин бицана 24 декабралда Россиялъул тахшагьаралда тIобитIараб пресс-конференциялда гьеб митинг тIобитIизе тIаде босараз. Гьенир гIахьаллъизе руго кавказиялги, Гьоркьохъеб Азиялдаса мигранталги, Татарстаналдаса исламиял гIолилалги, цогидалги.

Митинг гьеб къоялъ гьабизе биччаян мэриялде гIарза гьез кьезе буго 11 январалда.

Москваялда гьединаб тадбир тIобитIиялъул цогидаб магIна буго адвокат Мурад Мусаевасул рахъкквей загьир гьабиги.

Лъалеб букIахъе, полковник Буданов чIваялда хурхун кIиго нугI вичун восанилан ЦIех-рехалъул комитеталъ тIад хIалтIи гьабулеб буго гьесда.

Мусаевасул рахъккун митинг исана 29 ноябралда МахIачхъалаялдаги тIобитIун букIана. Гьелдаса хадув полициялде вачун ун вукIана 50-де гIагарун чи.

Гьез гIунтIизабулеб букIана Россиялда гьукъараб ХIизбут-тагьрир партиялъул вакилзаби рукIиналъул гIайиб. Хадурго нахъе риччанги рачIана гьел.

Москваялда гьаб митинг тIобитIулезул цояв ккола Дагъистаналдаса бизнесмен ва жамгIияв хIаракатчи Абакар Абакаров.

Нужеца цере лъурал масъалаби тIуразе рес бугищ гьеб митингалъин гьикъидал, гьедин суал лъезе бегьуларин абуна гьес. Митингалъул мурад бугила гIицIго жидеца рорхулел суалал тIалъиялда рагIизари.

Абакар Абакаров: «Руго масъалаби жидер хIакъалъулъ лъицаниги кирниги бицунарел. Щайин абуни Татарстаналадги, Дагъистаналдаги, цогидал регионаздаги, исламалда дандечIей бихьизабун гьарулел хIужабазул, гьединго мигрантазда дандчIвалеб мекълъиялъул бицине лъугьани лъиданиги рагIизехъин гьечIо.

Щайгурелъул гьеб бицине бакIги ресги кьолеб гьечIо гьезие. Гьединлъидал гьаб митингалъул мурад буго гьединал масъалабазул хIакъалъулъ бицине рес кьей – тIалъиялъулгун бухьен гьечIел, халкъияб информация тIибитIизабулел алатазде кIал щвезабизе рес гьечIел гIадамазе.

Руго жамгIиял гIуцIабиги. Амма гьез букIине кколедухъ цIунулел гьечIо гьел чагIазул ихтиярал. Гьединлъидал гьалщинал гIузрабиги раккулел ругел».
Бицен гьабулеб митингалда жалги гIахьаллъилин лъазабуна Татарстаналдаса «Азатлык» абулеб гIуцIиялъул вакилзабаз.

Гьезул рахIатхвезабулеб буго Россиялда исламалдехун бугеб бербалагьиялъ. Гьеб мурадалъ чанго пикетги тIобитIана гьез гьал къоязда Казаналда.

Гьеб митинг 25 декабралда гьабизе букIиналъул баяналги рукIана. Гьеб мехалда гIурус миллатчагIазул рахъалдасан раккана батIи-батIиял баянал.

Масала, «Русские» абураб гIуцIиялъул цевехъан Дмитрий Демушкинил рахъалдасан. Кавказиялги Гьоркьохъеб Азиялдаса чагIиги рахъунарин гьеб митингалдеян рикIкIунеб букIана гьес.

Щайин абуни гьел вакилзабазул жамгIиял гIуцIабазул, диаспорабазул нухмалъулел ругила тIалъиялда рарал чагIи. БатIи-батIиял комиссиязда гъорлъеги росун ругила гьел гьанже.

Гьединлъидал тIалъиялъулгун, Москваялъул нухмалъиялъулгун гьоркьорлъаби хвезаризе бокьизе гьечIила гьезие. Щайгурелъул тахшагьаралъул тIалъиялъе рекIее гIезе гьечIила гьез гьабизесеб митинг.

Гьединго бетIербахъиялда хадур Россиялде рачIарал тажикалгун узбекалги киданиги унарин жал къварид гьарулел ругилан бицине, щайин абуни гьел нахъисеб къоялъго хIалтIудаса нахъе рехизе бегьулин рикIкIунеб буго Демушкиница.

Амма жалго митинг тIобитIулез гьеб пикру мекъаблъун рикIкIунеб буго. Масала, Тажикистаналъул гIолилазул цолъиялъул нухмалъулев Изат Аман абулев чияс лъазабун букIана кватIичIого митингалде рахъине рес бугин жидер ватIанцоял. Гьабураб хIалтIухъ мухьги кьечIого къварид гьарулел ругила гьел Москваялда.
XS
SM
MD
LG