МагъчIваялъе рес

«ИнчIони щиб, эбел, дун армиялде…»


Russia -- New draftees sit during a ceremony to celebrate "Recruit Day" in the southern city of Stavropol, 16Nov2011
Russia -- New draftees sit during a ceremony to celebrate "Recruit Day" in the southern city of Stavropol, 16Nov2011

ЦIияб соналъул тIоцебесеб январалдаса байбихьун Россиялда хIалтIизе буго армиялде инчIел гIолохъабазе хIалтIизе рес кьолареб къанун.

27 сонил ригьалда щвезегIан рагъулаб хъулухъ тIубазе инчIого хутIарал гIолилазе рагъулаб билет щвезе гьечIо гьелда рекъон, щвезе буго гIицIго гьев армиялда вукIинчIилан абураб кагътил тIамач.

Гьеб сабаблъун гьев цониги хIукуматалъул хIалтIуде восизе гьечIо. Юристаз ва жамгIиял хIаракатчагIаз бачIинахъего пачалихъалда дандекколареб къанунилан цIар чIвана гьелда.

Президент Путициница гъулбасун хадуб, гьеб къануналъул проекталъул рахъ ккун буго улкаялъул хIукуматалдаги.

ЦIияб соналдаса байбихьун армиялда хъулухъ гьабизе рес щвечIел гIлохъабазул кIудияб захIмалъи букIине буго пачалихъалъул хIалтIуде лъугьине.

Къануналда рекъон 27 сон тIубазегIан батIи-батIиял гIиллабазда бан рагъулаб хъулухъ тIубазе инчIого хутIарал гIолилазе кьола рагъулаб билет.

Амма гьеб билет хIакъикъияб куцалъ армиялда хъулухъги тIубан руссаразул гIадаб къуватаб букIунаро. Мисалалъе гьезул рес букIунаро рагъулаб ялъуни къуваталъул идараялде, полициялде хIалтIизе лъугьине.

ЦIияб къануналда рекъонин абуни 27 сон тIубазегIан инчIого хутIарал гIолилазул цонигиял хIалтIуде росизе рагIуларо. Хасаб коммиссиялъ халги гьабун гьел рагъулаб хъулухъ тIубазе инчIого хутIизе багьанаби ратун рахчарилел рукIанилан абураб хIакъикъат баянлъани гьезие кьезе рагIула гьеб хIукму тасдикъ гьабулеб тIамач, рагъулаб билет кьезе рагIуларо.

ЦIех-рехал гьарулел централдаса экспертаз ва юристаз бачIинахъего мекъаблъун рикIкIана гьеб къанун.

Россиялда хъулухъчагIазул хIалтIул бакIалъул бащадабниги кколин пачалихъиял хъулухъчагIазул бакI, гьебмехалъ чанго азарго гIолохъанчи хIалтIиги гьечIого хутIидал щибин гьез гьабизе бугебилан гьикъулеб гьединаб цIех-рехазул централдаса чияс.

ХIукуматалдаги къануналдаги дандечIараб бугин гьеб къанунилан абулеб буго «Призывник» абураб адвокатазул коллегиялдаса Аркадий Чаплыгиница.

Гьес мисалалъе бачана Дагъистанги Чачаназул республикаги. Дагъистаналда гьадинги гIураб къадаралда ритIулел гьечIин армиялде гIолохъаби, ине бокьаралцин ритIичIого толел ругин, хадурин абуни тIадежоялъе гьел тезехъин ругин рагъулаб билетцин гьечIого.

Рагъулаб билет чара гьечIого хIажатаб документ бугин гIолохъанчиясе хIалтIуде лъугьине, гьеб гьечIони сах саламатаб хIалтIуде восуларин гьев, хIатта хъаравуллъунцинилан бицана «Эркенлъиялъе» Афгъанистаналда хъулухъ гьабулел рукIарал Дагъистаниязул жамгIияб шураялъул вакил Хадулаев Шамилица.

ЦIияб къануналда жаниб Кавказалъул халкъалде данде гьабулеб политикияб магIнацин букIине бегьулилан рикIкIунеб буго гьес.

Хадулаев Шамиль: «БатIияб рагIи бугоха гьев армиялдаса лъутанхъулелв вукIун ватани, амма рагъулаб хъулухъ тIубазе инеги бокьун гьенире жидецаго рачинчIел гIолохъаби рагъулаб билеталадса махIрум гьари гьеб битIараб хIукму бугилан кинха абилеб. УргъичIого гьабураб хIукму буго буго ва гьеб хисизабизе ккола».

Армиялде инчIого хутIаразул рагIини батIияб хабар бугоанин, инеги ун, букIине кколеб рагъулаб билет щваразецин щолеб гьечIогурийин хIалтIиян бицана «Эркенлъиялъе» Гъуниб мухъалъул Гьонода росулъа ГIабдулхIамидов ГIабдулхIамидица.

ТIадегIанаб лъай щун хадув ана гьев армиялде хъулухъ тIубазе ва гьале чанго сон буго гьесул хIалтIуде лъугьине кIоларого.

ГIабдулхIамидица хIалбихьун буго цин МахIачхъалаялде, Шамилхъалаялде ва хадуб Гъуниб жанисел ишазул идараялде лъугьине, амма цониги бакIалде къабул гьарун гьечIо гьесул документал. БатIи-батIиял багьанабиги рачун инкар гьабунин жиндеян бицана гьес «Эркенлъи» радиоялъе:

ГIабдулхIамидов ГIабдулхIамид: «Сахлъиялъул хал гьабулеб коммисиялъ гьаруна дие бищунго гIемер квал-квалал, гIарац кьечIого тIубачIо гьез дир къваригIел. Гьезулгун ишги тIубан ахирги хIалтIулеб бакIалде МахIачхъалаялде щведал 250 азарго гъурущ кьейилан абуна гьез. Кинабго бакIалдаса нахъчIвана».

Э.Р: «Мун армиялде ун вукIанаха лъикIаб хIалтIизе щвезе хьулалда гIоло гIицIго рагъулаб билет щвезе…?

ГIабдулхIамид
: «У, гьедин ун вукIана. БукIине кколеб низамалда гьабураб хъвай-хъвагIайги бугеб документги, кIудияв сержанатасул чинги, командирзабазул рахъалдаса баркала загьир гьабураб кагъталги, кинабго букIана.

Амма щолеб гьечIоха хIалтIи кинаб рахъалдаса хIалбихьаниги».
Гьанже хъулухъ тIубазе инчIел гIолилазда хурхун къабул гьабураб къануналда тIасанги гьадинаб пикру загьир гьабуна ГIабдулхIамидица:

ГIабдулхIамидов ГIабдулхIамид: «Армиялде хъулухъ тIубазе чи вачунев вугишха нилъер гьаниса? ГьечIо. Мисалалъе гьабулеб вацасул вас гьениве витIизе кIоарого вуо дун векерахъдулев, амма вачунев гьечIо, бакI гьечIилан цин абула, гIарацилан цин абула.

Гьедин рачунелги гьечIони щиб гьез хадуб гьабизе кколеб, хIалтIудеги росичIони.

Бегьилаха мисалалъе полициялде ялъуни рагъулал идарабазде хIалтIуде лъугьунел ругони гьединал гIиллаби рачине, амма гIадатияб хIукуматалъул хIалтIуде росизе гьединал квал-квалал гьари мекъаб бугилан рикIкIуна дица».

Россиялда гьал къоязда рагIалде бахъунеб буго рагъулаб хъулухъ тIубазе гIолохъаби ахIиялъул тадбир.

Гьоркьосаго гIадин исанаги Дагъистаналдаса гьенире ахIулезул къадар гIемераб гьечIо, гьел соналдаса соналде дагьлъулел руго.

МухIканго чан чи исана дагъистаналдаса армиялде ахIаравали чIванкъотIарал баянал щвечIониги, ракIчIун абизе бегьула мугIрузул мухъазда гьенире ахIаразул къадар цIакъго дагьаб бугилан.

Мисалалъе руго цо-цо росаби цониги гIолилав рагъулаб хъулухъ тIубазе инчIелцин.
XS
SM
MD
LG