МагъчIваялъе рес

Ходорковский данчIвана жиндирго васгун


Рузман къоялда туснахъалдаса къватIиве виччарав ЮКОСалъул нухмалъулевлъун вукIарав Михаил Ходорковский Берлиналда данчIвана васгун.

Жакъаго германиялъул тахшагьаралда гьев данчIвазе вуго эбел-эменгунги.

Цолъарал штатазул Пачалихъияв секретарь Джон Керрица лъикIаб къимат кьуна Ходорковский туснахъалдаса къватIиве виччаялъул президент Владимир Путинил хIукмуялъе.

Керрил лъазабиялда абулеб буго, "Россиялда диваналъул процессазда къанунал хвезариялда ва чиясде балагьун хIукмаби диваналъ къотIулел рукIиналда бан, гьевго Ходорковскисдава ва гьанжеги туснахъалда хутIулев гьесул бизнесалъул партнер Платон Лебедевасда хурхунги, Цолъарал штатаз цо нухалъ гуреб загьир гьаблун букIараб ургъел. Вашингтоналъ Россия ахIулеб буго жиндирго диваналъул системаялда реформаби гьариялде"- ян лъазабуна Керрица.
XS
SM
MD
LG