МагъчIваялъе рес

Унеб соналда дунялалда чIван вуго 71 журналист


71 журналист хун вуго дунялалда журналистасул борч тIубалаго унеб соналда жаниб.

Гьединаб статистика рехсолеб буго «ГIорхъаби лъаларел репортерал» абураб халкъазда гьоркьосеб инсанасул ихтиярал цIунулеб гIуцIиялъ. Гьеб дагь буго цебесеб соналде данде ккун. Амма журналистал ва информалатазул цогидал хIалтIухъаби рикъиялъул ва гьезие зулму гьабиялъул хIужжабазул къадар, гIуцIиялъул хасаб докладалда бихьизабун буго «цIакъ кIудияблъун.

«ГIорхъаби лъаларел репортеразул» генералияв секретарь Кристоф Делуарица лъазабуна, приоритетияб масъалалъун хутIулеб бугин журналистазде данде такъсир гьабурал тамихI гьабичIого хутIунгутIиялъул пратика гIатIилъизабиян. Гьесулго рагIабазда гьеб масъала актуалияб буго гьединго Цолъарал миллатазул гIуцIиялъул ХIинкъигьечIолъиялъул мажлисалъул журналистазул хIалтIиялъе хIинкъигьечIолъиялъул шартIал чIезариялда хурхараб резолюциялъе 7 сон тIубалеб букIиналда банги.

Бищунго гIемер зулмуялъул къурбаналлъун информалатазул хIалтIухъаби лъугьунел руго Азиялъул улкабазда – 24 чи, ГIагараб Машрикъалъул ва Шималияб Африкаялъул улкабазда – 23.

Сириялда, Сомалиялда, Малиялда ва чанго цогидаб улкаялда, (гьездаго цадахъ рехсолеб буго гьединго Россиялъул Федерациялъул субъет хIисабалда Дагъистанги) хварал журналистазул къадар кколеб рагIула гIаммаб къадаралдаса 40 процент.
XS
SM
MD
LG