МагъчIваялъе рес

Киевалда байбихьана «Украина цолъизабила» абураб диалог


 Рузман къоялда Киевалъул Майдан Незалежностиялде вачIун вукIана оппозициялъул рахъ ккурав 10 азарго гIанасев чи
Рузман къоялда Киевалъул Майдан Незалежностиялде вачIун вукIана оппозициялъул рахъ ккурав 10 азарго гIанасев чи
Украиналъул президент Виктор Януковичица кIудияб разилъунгутIи загьир гьабуна, гьес абухъе Киевалъул аслияб майданалде ракIарарал гIадамал нахъе хъамизе къасд гьабурал «провокаторазул» хIалтIуда. Талат къоялдаса арбагI къоялъул сардилъ гьенир тунка-гIусиял ккун рукIана полициязда ва демонстрантазда гьоркьоб.
Рузман къоялда Киевалда байбихьараб «Украина цолъизабила» абураб «гургинаб столалда» гIахьаллъулел руго улкаялъул нухмалъиялъул вакилзабиги, оппозициялъул киналго лидералги, цере улкаялъул вукIарав лъабавго президентги.
Киевалъул полициялъул бетIерасул ишал тIуразарулев Валерий Мазаница халкъ ахIана рукIине рес бугел провокациял риччачIого рукIинелъул акциязде тIилалгун, маххул рахсалгун яги хьопалгун рачIунел гIадамазул хIакъалъулъ лъазабизе.
Рузман къоялда Киевалъул Майдан Незалежностиялде вачIун вукIана оппозициялъул рахъ ккурав 10 азарго гIанасев чи.
Киевалда ва Украиналъул цоги шагьаразда евроинтергациялъул рахъ кколезул акциял байбихьун рукIана 21 ноябралда. Гьелъие гIиллалъун ккун букIана ЕвроЦолъигун ассоциация гьабиялъул къотIи хъваялъул иш заманаялъ чIезабизе хIукуматалъ хIукму къотIи.
XS
SM
MD
LG