МагъчIваялъе рес

Олимпиялъул хIаязда сверун хIаял


Олимпиадаялъул халкъаздагьоркьосеб комитеталъул президент Томас Бахица лъазабуна Сочиялда хIаял гIуцIулеб россиялъул рахъалъ рагIи кьун бугин Олимпиялъул хIаял унаго протест загьир гьабизе бокьарал гIадамазе гьединаб рес кьолеб хасаб зона гIуцIизейин. Бахил рагIабазда рекъон, россиялъул рахъалъ гьесда гьедин лъазабун буго талат къоялда ва гьел зонабазда гIадамаз загьир гьабизе бегьула «лъида ва сунда букIаниги жидерго разилъи гьечIолъи яги жидерго хасаб пикру».
Олимпиадаялъул халкъаздагьоркьосеб комитеталъ гьединал тадбирал разиго къабул гьарулин абуна Бахица.
Августалда Россиялъул президент Владимир Путиница гъулбас лъун букIана Сочиялда Олимпиадаялъул хIаязда сверун кинал рукIаниги «данделъиял, митингал, демонстрациял, маршал яги пикетал» кIигогун бащдаб моцIалъ гьукъараб къануналда гъоркь. Гьеб гьукъи къуваталде лъугьине ккола 7 январалда, хIаял байбихьизе моцI хутIараб мехалда.
XS
SM
MD
LG