МагъчIваялъе рес

Киевалда кIалъа-ралъаял байбихьулел руго


Киевалда хасал аскараз тIубанго къан буго хIукуматалъул авал, цере гьениса нахъе хъамун рукIана «евромайданалъул» гIахьалчагIи. Эркенлъи Радиоялъул мухбирас лъазабухъе, гьеб авалалда чIун буго милициялъул 20 автобус, аслиял административиял минабазде унел бакIазда хасал аскарал чIун руго щуго ирга гьабун. Хасал документал ругел чагIи гурони гьенисан риччалелги гьечIо. Оппозициялъул активистаз рикIкIунеб буго «Беркуталъул» аскараз Киевалъул аслияб майданалда ругел евроинтеграциялъул рахъ ккурал нахъе хъамизеги рес бугин.
Декабралъул авалалдаса нахъе «евромайданалъул» гIахьалчагIаз къан рукIана хIукуматалъул аслиял минабазде аскIоре унел нухал. Итни къоялъул къаси милициялъул хасал аскараз гьел нахъе хъамун ва нухал рагьун рукIана.
ГIагараб заманаялда улкаялда бугеб ахIвал-хIал гьоркьоб лъураб кIалъа-басай гьабизе Украиналъул президент Виктор Янукович дандчIвазе вуго цебе улкаялъул вукIарав лъабго президентгун- Виктор Ющенкогун, Леонид Кучмагун ва Леонид Кравчукгун.
Януковичгун кIалъа-ралъаял гьаризе ва оппозициялъул лидералгун дандчIвазе Киевалде сапар бухьун буго Америкалъул Пачалихъияв секретарь хисулей Виктория Нуландица ва ЕвроЦолъиялъул къватIисеб политикаялъул идараялъул бетIер Кэтрин Эштоница.
Киевалда ва Украиналъул цоги шагьаразда евроинтергациялъул рахъ кколезул акциял байбихьун рукIана 21 ноябралда. Гьелъие гIиллалъун ккун букIана ЕвроЦолъигун ассоциация гьабиялъул къотIи хъваялъул иш заманаялъ чIезабизе хIукуматалъ хIукму гьаби.
XS
SM
MD
LG