МагъчIваялъе рес

Сириялда азарханабазул 60 процент щущазабун буго


Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъ Сириялда халат бахъунеб конфликталъул кIиябго рахъалдехун буссун, тIалаб гьабулеб буго улкаялда ругел медициниял идарабазул хIинкъи гьечIолъи цIуни.

France-Presse агентлъиялъул баяналда рекъон Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъги, ЮНИСЕФ идараялъги, ТIолго Дунялалъул сахлъи ЦIуниялъул гIуцIиялъги къватIибе биччараб цадахъаб лъазабиялда абун буго Сириялда унеб бугеб рагъда азарханабазул ва цогидал сахлъи цIуниялъул идарабазул 60-гIан процент щущазабун бугин.

Рикъун руго хехаб медицинияб кумек гьабулел гIемерал машинаби. Халкъаздагьоркьосеб къануналда рекъон гьединал ишал рикIкIунел руго рагъулаб такъсирчилъилъун.
XS
SM
MD
LG