МагъчIваялъе рес

Арсен Каноковас хъулухъ тана


Арсен Каноков
Арсен Каноков
Гъабардагун Балкариялъул республикаялъул бетIер Арсен Каноковас хъулухъ тана. Гьадин лъазабуна рузман къоялъ Кремлялъул пресс-хъулухъалъ.

Гьесул гIарзалда гъоркь гъулбас лъуна Россиялъул президент Владимир Путиница. Республикаялъе заманалъ нухмалъи гьабизе буго Юрий Коковас.

Ахираб заманалда гьеб республикаялда гIемерал такъсириял ишал рагьун руго тIадегIанаб даражаялъул пачалихъиял хъулухъчагIазда хурхун.

Гьезда гъорлъ Каноковасул гIага-божаралги.
XS
SM
MD
LG