МагъчIваялъе рес

Ихтиярал цIунулезе Россиялъул президентасул грантал щвана


Россиялъул президентасул грантазе мустIхIикълъарал инсанасул ихтиярал цIунулел гIуцIабазул вакилзабаз лъазабуна гьедин бугониги жидеца къватIисел улкабаздаса щолеб гIарцул кумекалдаса инкар гьабизе гьечIин, щай гурелъул жидеда лъаларин гьел грантал гIолел ругищали гьабулеб хIалтIуе.

Гьадин лъазабуна Интерфакс агентлъиялъе Мемориал абулеб гIуцIиялъул бетIер Арсений Рогинскияс. Рехсарал грантазе мустIахIикълъана 124 проект.

Гьезда гъорлъ Москваялъул Хельсинкиялъул къукъа, Мемориал абулеб жамагIат, «Гражданское содействие», «Голос» абулеб фонд ва гIемерал цогидал.
XS
SM
MD
LG