МагъчIваялъе рес

БецIлъиялдаса канлъуде нух бахъулеб буго


МахIачхъалаялда аскIоб бугеб Красноармейскалда гIумру гьабун ругел гIадамаз ахIи балеб буго жидер росулъ гьоркьоса къотIичIого электроэнергия свинабулеб бугин, гьелъ жидее магIишатияб заралги кколеб бугилан. АрбагI къоялъ электроэнергиялда хурхун ругел захIмалъабазул бицун гьеб росдал гIадамаз «Дагэнергосеть» абулеб токалъул идараялъул кIалтIа митинг тIобитIана.

Красноармейск буго МахIачхъалаялда цолъарабин абизе бегьулеб росу, административияб къагIидаялъги гьеб МахIачхъалаялда гьоркьобе уна, амма гьениб шагьаралъул рагIаллъабазда рукIунелгIадалцин шартIал гьечIо гIадамаз гIумру гьабиялъе.

Ахираб заманалда жидер чара хвезабун бугин гьоркьоса къотIичIого росулъ ток свинабун рекIинабун гьабулеб букIиналъ, гьеб электроэнергиялъ гьабулеб базаралъе гIоло жидер рокъоб бугеб техника бухIулеб бугин, магIишаталъе кIудияб зарал кколеб бугин абулеб Красноармейскалъулаз.

Гьел жидерго захIмалъаби тIуразареян тIалаб гьабун 4 декабралъ Дагэнергосеть» абулеб токалъул идараялъул кIалтIа митинг тIобитIана Красноармейское росулъа гIадамаз.

Гьеб тадбиралъулъ I5-20 гIан чи гIахьаллъанин, ва рескъотIиялъ рахъун рукIанин жал гьеб митингалдейилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе Красноармейскалдаса Ислам Вагьабовас.

Ислам Вагьабов: «БукIинеб кколеб хIалалда ток чIезабуларо нижер росулъ, цебе сардилъгIаги кьолаан, гьанже гьебги букIунаро. Цин бачIуна, гьебсагIатго свинабула, гьеб свинабун рекIинабиялъ гIадамазул рокъоб бугеб техника бухIулеб буго.

Дир рокъоб холодильникги телевизорги, бухIана, цо-цоязул къавулъ бугебщинаб техника хун буго. Жеги цо гьедигIан квачараб заман гьечIолъиялъни цо-цониги бачIуна ток, хасало токаллъул печал риччазе гIадамал лъугьарабго гьеб тIубан гьоркьоса къотIула.

КидалъагIан гьеб базаралда рукIинин абун къватIире рахъун рукIана ниж, рес къотIиялъ. Гьедин гьабичIони гьаб тIалъиялъги нижги гIадамалищинцин цIехолеб гьечIо, нижер лъимал кинал шартIазда ругониги гьезул ургъел бугев чиги ватичIо цониги.

Гьебго ток гьечIолъиялъ гъоркьисала нижер гьаниб бугеб мактаб хинлъизабулеб система кьвагьунцин букIана, амма гьеб суалалъулги ургъел нижее гурони лъиего гьечIо».

МитингчагIазул тIалабалда рекъон гьелгун дандчIвана «Дагъэнергосеть» компаниялъул нухмалъулев МуртузгIали ГьитIинасулов.

Гьес гIадамазда бичIчIизабунин щай гьезул росулъ электроэнергиялъулгун гьединал захIмалъаби ругелали ва кинаб кумек гьезие гьабун бажарулебали балагьилин абун лъазабунин ГьитIинасуловасилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе «Дагъэнергосеталъул» пресс-секретарь ХIуризада Камаловалъ.

ХIуризада Камалова: «Гъоркьисала гьеб росда сверун рукIарал киналго кирпич къотIулел заводал къана, амма жеги-жеги гьенисан гьаваялде гъорлъе рачIунел загьруял жал лъугIун гьечIо.

Къан хадуб заводалъул бетIергьабаз гьеб кирпич гьабулелъул хIалтIизарулел киналго загьруял химикатал тIагIиранизе кколаан, амма гьеб лъицаниги гьабун гьечIо.

Гьединлъидал гьаваялде рахъун гьез токалъул кварал хвезарулел руго, нижер хIалтIухъабазул кодор хъурун унел рукIана гьел, гьединлъидал росулъе электроэнергия кидаго кьун бажаруларо, гьеб гуребги 70 соназдаго рачарал кварал руго гьениса гIебеде гьелги басралъун некIого хисизе заман щун буго, амма сундуего гIарац гьечIолъиялъ гьеб хIалалде ккун буго Красноармейскалде ток кьолеб система.

Гьеб кинабго жо гIадамазда бичIчIизабуна ГьитIинасуловас. Дагьалдасан 9 километр токалъул кваразул хисизе кколе буго нижеца гьеб росулъ,гьелъие биччараб гIарацги гьечIо.

Гьанже цойгидаб хIалтIуе биччаралдасаги босун гьабизе ккелаха гьеб, гурони бажарунеб хIал гьечIелъул гьениб».

Гьединго ХIуризада Камаловалъ бицана токалъулгун захIмалъаби раккиялъе гIайиб жалго Красноармейскалъулаздаги бугилан.

Гьеб росу ахирал саназда жаниб цIакъго кIодолъун бачIанила, амма пачалихъалъ гьелда рекъон гьенир шартIал чIезарун гьечIила, гьебго ток бачIунеб системаги 80 соназда гьенир гIумру гьабун рукIарал гIадамазе гIураб къагIидаялъ гьабун букIанин.

Гьединлъидал росдал гIадамаз жидецаго данде гIарацги реххун чанго чиясда гьоркьоб цо трансформатор босулеб бугила, гьелги гIемерисел лъикIал гьечIила гьединлъидал хехго рухIулел ругила, гьезги дагьалги цIакъ хвезарулел ругила гьадингоги басриял кваралилан.
XS
SM
MD
LG