МагъчIваялъе рес

Диваналъ сурав босана Гъизляр мухъалъул нухмалъулесухъа


Андрей Виноградов
Андрей Виноградов

Гъизляралдаса ункъго вац ХIамзатовал ва гьезул яцалъул вас чIваялъул ишалда тIасан иргадулаб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул ТIадегIанаб диванханаялда. Гьеб данделъиялда сурав босана Гъизляр мухъалъул нухмалъулев Андрей Виноградовасухъа.

РакIалде щвезабила, вацал МухIамад, ГIусман, Юсуп, Гъазидибир ХIамзатовал ва гьезул яцалъул вас МухIамад ГIумаров чIвана гъоркьисала 18 марталда Гъизляралда ккараб кьабгIей-рагъалда.

Хваразул гIагарлъиялъ рикIунеб буго Гъизляр мухъалъул нухмалъулев Андрей Виноградовасул хъаравулзабаз чIванилан ХIамзатовал. Хъаравулзабигун ХIамзатовазул рагъ ккун буго автомобилал чIезарулел бакI сабаблъун.

Диванханаялда тамихI къотIизе буго Заирхан МухIамадгIалиевасе, Залимхан МухIамадгIалиевасе, МухIамадхIабиб МухIамадовасе, Шамил МухIамадовасе, Садикъ МухIамадовасе ва Юсуп Шариповасе – гьел рехсаралщинал ккола Виноградовасул хъаравулзабилъун.

3 декабралда тIобитIараб данделъиялда сурав босана щуго нугIасухъа. Диваналъул процессалъул байбихьуда сурав босана Гъизляралда гIумру гьабулей йигей Илона Захаровалъухъа.

Гьелда гьикъулуб букIана лъалищали щивлъун кколев гIайиб гIунтIизабулезда гьоркьов вугев Садикъ МухIамадов. Гьелъ жаваб кьуна лъаларилан. ХIамзатовазул адвокат Сапият МухIамадовалъ абуна диваналда, Захаровалъ цIех-рехалда бицарабги, диваналда бицарабги дандекколеб гьечIилан.

Диванчи Закир Исрафиловасда гьрана МухIамадовалъ, Захаровалъ цIех-рехчиясе бицараб гьа баразул коллегиялъе цIализе изну кьеян. Амма Исрафиловас гIинтIамичIо гьеб гьариялда.

Гьединго диваналда сурав босана лъабго чиясухъа: Руслан ХIасановасухъа, Увайс МухIамадовасухъа ва ГIумар МуртузгIалиевасухъа.

Гьел таксисталлъун хIалтIулел руго Гъизляралда ва ХIамазатовазул автостоянкаялда лъолел рукIун руго гьез автомобилал. Лъугьа-бахъин ккараб мехалда жал автостоянкаялда рукIинчIилан абуна гьес.

ЦIех-рех араб мехалда гьез бицараб жо цIализе изну кьеян гьарана адвокат МухIамадовалъ. Диванчияс къабул гьабуна гьари. ЦIех-рех чагIазе таксистаз бицун букIун буго, Гъазидибир ХIамзатова вухуналиан гIайиб гIунтIизабулезда гъорлъ вугев Заирхан МухIамадгIалиевас.

Гьединго гьез бицун букIун буго Гъазидибирил автомобилалъе зарал ккезабунин Виноградовасул хъаравулзабазилан.

Диваналъул процессалда Виноградовасухъа сурав босизегIан адвокат МухIамадовалъ диваналда бицана нугIзазе хIинкъаби кьолел ругилан.

Гьелъ абуралда рекъон, гьелдаги ва адвокат Муса Суслановасдаги чанги нухалда лъазабун буго лъицалиго ХIамзатовазул интересал цIунизе унгеилан диваналда, анани ракьалда тIагIинаризе ругилан.

Гьединго МухIамадовалъ бицана, ХIамзатовазул къоролзабазухъе ругьелал рачIунел ругилан, гьез диваналдаса гIарзаби нахъе росани, гьезие щияелъего 20 млн гъурущ кьезе бугилан.

Адвокаталъ абуралда рекъон, Гъазидибирил вас викъун вукIун вуго Гъизляр мухъалъул жанисел ишазул идараялъул хIалтIухъабаз. Полициялъулаз гьесие хIинкъаби кьолел рукIун ругилан бицана МухIамадовалъ.

Диванчи Исрафиловас абуна адвокат МухIамадовалъда гьелъ бицарабщинаб жинца ФСБялдеги битIилин, низам цIунулел идарабаздеги битIилин.

Виноградовасухъа сурав босулеб мехалда гъал-магъир ккана диваналъул залалда. ХIамзатовазул къоролзаби речIана гьесда, гьесда гьел ахIдолел рукIана, гьесие хвел гьарулеб букIана. Диваналъул приставаз гьел киналго залалдаса къватIире гъуна, диванчияс буюрухъги кьун.

Живго Виноградовас бицана жиндирги МухIамад ХIамзатовасулги лъикIал гьоркьолъаби рукIанилан ва дагIба-рагIи цебе кколароанилан.

Гьес абуна гIаийб гIунтIизабулел жиндир гьудулзаби ругилан, хъаравулзаби гурилан.

Заирхан МухIамадгIилевгун Гъазидибирил рагIи дандеккун гьечIин лъайдал, жив ХIамзатовазул тукаде анилан бицана Виноградовас.

Гьесул рагIабазда рекъон, Гъазидибирица гьесдехун автомат битIун буго, гьелдалъун гьев нахъе ун вуго гьенисан.

Авдокат МухIамадовалъ гьикъана гьесда, гьесул пикруялда рекъон, лъица чIварал вацал ХIамзатовал.

Гъизляр мухъалъул нухмалъулес жаваб кьуна, жинда лъаларилан лъица чIварал, амма гIайиб гIунтIизабулез гьабураб иш гурилан гьеб.

Диваналда адвокат МухIамадовалъ абуна иргадулаб процессалде ахIеян Виноградов, щайгурелъул ХIамзатовазул лъудбузухъа сурав босун хадуб, гьесие кьезе цIиял суалал раккизе ругилан.

МухIамадовалъ абуна «Эркенлъиялъе» жиндир щаклъи бугилан гьа барал гIарцухъ росун рукIиналда.

Сапият МухIамадова: «РакIчIун абизе кIола гьа баразеги рахIат кьолеб гьечIин, гьездаги абулеб бугин гIайиб гIунтIизабулезул рахъ кквеян.

Диваналдаги дица гьедин лъазабуна. ХIамзатовазул къоролзабаз росичIел миллионал жидеца гьа баразе кьезе ругилан абун рагIула Виноградовасул къокъаялъ. Гьабарал гIарцухъ росани, букIине кколеб тамихI гьабизе гьечIо чIвадарухъабазе».

Диваналъул иргадулаб данделъи 20-леб декабралда тIобитIизе буго.
XS
SM
MD
LG