МагъчIваялъе рес

Мигрантал ва масъалаби


Мигрантазул къадар Дагъистаналда исана цIикIкIанилан лъазабулеб буго Федералияб миграциялъулаб хъулухъалъул республикаялда бугеб идараялъ. Экспертаз абуралда рекъон, мигрантал гIемер ругел регионал рикIкIине бегьулаан экономика цебетIураллъун. Амма Россиялъул цогидал регионазде дандеккун Дагъистаналъул экономикияб ахIвал-хIал лъикIаб гьечIо. Киналха гIиллаби ругел мигрантал республикаялда гIемерлъиялъе?

Гьаб соналъул январ моцI байбихьаралдаса октябралде щвезегIан хIалтIул 367 къотIи-къай гьабун буго республикаялда къватIисел пачалихъаздаса рачIаралгун. Гьезда гьоркьосан гIемерисел ккола минаби раялъул хIалтIабазде рачIараллъун.

Квалификация бугел специалистал цIакъ дагьал руго – 22 чи.

Россиялъул жиб-жиб регионалда Миграциялъулаб хъулухъалда цебе лъола мигрантазухъа магъало бакIариялъул план. 2013 соналда Дагъистаналда бугеб миграциялъулаб идараялъ 9 млн 200 азарго гъурущ бакIаризе кколеб букIана.

Сон лъугьинегIан жеги моцI буго, амма Миграциялъул идараялъ 11 млн гъурущ бакIарун буго.

Миграциялъулаб хъулухъалъ Дагъистаналда хIалтIизе исана изну кьун буго 644 чиясе. 2012 соналде дандеккун исана 9% цIикIкIана хIалтIизе рачIаразул къадар. Амма хIалтIизе бокьарал гIемер руго. Миграциялъулаб хъулухъалъул статистикаялда рекъон, хIалтIизе жал ричаян гIарза кьун буго Узбекистаналда 2000 чияс, Азербайджаналдаса 700 чияс, Таджикистаналдаса 130 чияс.

Аслияб къагIидаялъ, рехсарал улкабаздаса рачIунел руго хIалтIул мигрантал. «ГIадатияв дагъистаниясе щолеб гьоркьохъеб харж гьел чагIазе гIунги тIокI букIуна. Кванил нигIматал росизеги гIола гьезие гьеб гIарац, нахъе лъезеги гIола», - ян абулеб буго Миграциялъулаб хъулухъалда.

Гьанибго тIаде жубала, цодагьал цебе тIобитIараб Халкъияб мажлисалъул сессиялда лъазабун букIана, Дагъистаналда гьоркьохъеб харжлъун кколин 16 азарго гъурущ.

Миграциялъулаб сияхIалда ай учеталда жакъа къоялда Дагъистаналда лъун вуго 40-азарго чи. «Узбекистаналдаса, Азребайджаналдаса ва Таджикистаналда мигрантал гIемер рачIуна Дагъистаналде щайгурелъул гьезулги дагъистаниязулги менталитет ва бербалагьиял релълъарал рукIуна. Гьел буссурбаби рукIиналъги гьезие кумек гьабула», - ян рикIкIунеб Миграциялъулаб хъулухъалда.

ТIадежоялъе, мигрантал гIемерлъулел руго, щайгурелъул гьезие хIалтIи батулеб буго Дагъистаналда. РакIалде щвезабила, хIалтIигьечIолъиялъул рахъалдасан Россиялъул регионазда гьоркьосан республикаялъ тIоцересел бакIал колел руго.

Мигрантаз жидерго хIалтIухъ кIудияб багьа тIалаб гьабулеб гьечIо, гьелдалъун гьезие хIалтIи росабалъги батулеб бугилан абуна Миграциялъулаб хъулухъалда.

Москваялда ва Санкт-Петербургалда гIемер бицулаан мигрантаз такъсирал гьарулел ругилан. Амма Дагъистаналда гьединал хIужжаби гьезего гьечIилан абизе бегьула.

Исана цохIого цо лъугьа-бахъин ккун букIана: Вьетнамалдаса мигрантал дагIбадана цоцалгун ва цояс кIигоясда нус щвезабуна. Амма захIматго щивго лъукъичIо.

Миграциялъул хъулухъалда бицана, мигрантал хIалтIизе рачарал чагIаз гIемерисала документал мекъи цIезурел ругилан яги цIезаричIого толел ругилан. Гьелдалъун мигрантазул ъкадар жеги цIикIкIун батизе ккола Дагъистаналда.

Инсанасул ихтиярал цIунулеб «Мемориал» централдаса мигрантазул масъалабазул халгьабулей Елена Денисенкоца бицана «Эркенлъиялъе», киналго мигрантазда хIалтIул мигранталилан абизе бегьуларин.

Елена Денисенко: «Нилъер гьанир жеги гIемер чагIи руго Гуржиялдаса гочарал, амма гражданство жеги щвечIел. СССР биххараб мехалда гочарал чагIи руго гьел.

Паспортал гIемерисезе щун гьечIо, гьезухъ кодор Союзалъул документал руго. Гражданство гьанибе щвезе бокьун батани, гьел ине ккола Грузиялде хасал документал ракIаризе.

Амма дора гьел ричалел гьечIо, гьезул паспортал дора рикIкIунел гьечIо. Гьеб масъала тIубан гьечIо жеги Дагъистаналда.

Миграциялъулаб хъулухъалда гьезда абулеб буго гьел рачIарал укбазул вакиллъабаздаги ун, гьенисан росеян документал. Гьел чагIазул рес гьечIо гьанисан рахъун Москваялде ине.

Гьезухъ гIарац букIунаро кодоб, гьелдалъун Москваялде ине гьезие щолеб гьечIо».

Гьединго Денисенкоца абуна гIемерисел мигрантал лъай щвечIел чагIи ругилан. Гьезул лъимал росабалъ ругел школабазде хьвадула, цIализе-хъвадаризе ругьунлъула, амма аттесат гьезие кьезе школаялъул ихтияр букIунаро. Гьелдалъун, университетаздеги гьел цIализе росуларо.
XS
SM
MD
LG