МагъчIваялъе рес

ТIадегIанаб радаялъ нахъ чIвана хIукуматалде божилъи гьечIолъиялъул суал


Арсений Яценюк (бакьулъ) Радаялъул данделъи рагIизегIан. Киев, 2013 соналъул 3 декабрь.
Арсений Яценюк (бакьулъ) Радаялъул данделъи рагIизегIан. Киев, 2013 соналъул 3 декабрь.
Украиналъул ТIадегIанаб радаялъ нахъ чIвана хIукуматалде божилъи гьечIолъиялъул суал.

Гьединаб тIалаб гьабулеб букIана оппозициялъ. Гьелъул хIисабалда Украиналъул Евроцолъиялъулгун ассоциациялда хурхараб къотIи къаялда гъоркь гъулбас лъеялдаса инкар гьаби хиянатчилъи ккола.

Гьаркьал кьеялъул тадбир байбихьизегIан «Батьковщина» абулеб оппозиционияб партиялъул цевехъан Арсений Яценюкица лъазабуна, нагьаглъун божилъи гьечIолъиялда хурхараб хIукму тасдикъ гьабизе гьечIони, жидеца президент Виктор Януковичисда цебе лъезе бугин хIукумат биххизабиялъул суал.

Украиналъул парламенталда цеве вахъарав премьер-министр Николай Азаровас тIаса лъугьин гьарана 30 ноябрялда Киевалда бугеб Эркенлъиялъул майданалда демонстрантазде данде къуват хьалтIизабун букIиналъухъ.
XS
SM
MD
LG