МагъчIваялъе рес

Йеменалда кьал


Йеменалъул Хадрамау абулеб вилаяталда радикалиял бусурбабазда ва хIукуматалъул аскариязда гьоркьор рагъарарал тунка-гIуссиязул хIасилалда анлъго къеркьохъан ва лъабго аскарияв чIван вуго, ян лъазабулеб буго Йеменалъул улка цIуниялъул министерлъиялъ.

Reuters агентлъиялъул баяналда рекъон хIужа ккана Алъ-КъагIидагун бухьен букIиналда шаклъи бугел гьел къеркьохъаназ аскариязул балагьутIа бакIалде гьужум гьабун хадусала.

Гъоркьисала Йеменалъул аскарязда кIвана Цолъарал Штатазул кумекалдалъун цо чанго мухъалда жидерго контроль тIад чIезабизе дора ругел радикалиял бусурбаби нахъе гъун.
XS
SM
MD
LG