МагъчIваялъе рес

ХIамид Карзаица Америкалъул рагъулаб тIалъи какулеб буго


Афгъанистаналъул президент ХIамид Карзаица Цолъарал Штатазде гIунтIизабун буго жиндир хIукуматалъул аскариязе ва полициялъулазе хIажатал щинал жал кватIун кьеялъул гIайиб.

Гьелдалъун Америкалъ Афгъанистаналъул тIадтаразде тIадецуй гьабулеб бугин кIирахъалъулаб къотIи-къаялда гъоркь гъулбас лъезаби мурадалда.

Гьеб гъулбас хурхараб буго Афгъанистаналда хIинкъи гьечIолъиялъул шартIал щулалъизариялда.
XS
SM
MD
LG