МагъчIваялъе рес

Япониялдаги Китаялдаги гьоркьоб хIалуцин цIикIкIунеб буго


Машрикъал Китаялъул ралъдалъ ругел Синкаку абурал чIинкIиллъиязул мухъалда аваиация боржиялъе квал-квал гьабулеб букIиналда бан Китаялъулгун бугеб дандечIеялда Америкаялъ рахъ ккун буго Япониялъул. Гьелъул хIакъалъулъ лъазабуна Цолъарал Штатазул улка цIуниялъул министр Чак Хейгелица япониялъул коллега Ицунори Онодэрогун телефоналдасахун букIараб гара-чIвариялда.

Пентагоналъул лъазабиялда абухъе, Хейгелица тасдикъ гьабуна америкаялъулгун япониялъул къотIи-къаялда рекъон, Япония цIуниялда хурхарал тIадеросиял Сенкаку чIинкIиллъабаздаги хурхарал рукIин.

Япониялдаги Китаялдаги гьоркьоб хIалуцин цIикIкIана чанго къоялъ цебе пекиналъ цорахъалъулаб къагIидаялда гьеб гьаваялъул зонаялдасахун боржунеб авиациялъ Китаялъул хъулухъазда лъазабизе кколин тIалаб гьабизе байбихьун хадуб.
XS
SM
MD
LG