МагъчIваялъе рес

2013 соналда коррупциялъул зарал цIикIкIун буго


Корупциялдаса Россиялъе ккараб зарал 2013 соналъ цIикIкIун буго анкьго гIанаб нухалъ ва гьелъул къадар тIаде ун буго 10 миллиард гъурщидасаги.

Гьелъул хIакъалъулъ лъазабуна генералияв прокурор хисулев Александр Буксманица арбагI къоялда низам цIунулел идарабазул нухмалъулезда цеве вахъунаго.

Гьесулго рагIабазда, улкаялда тамихIалде гъоркье цIан вуго 3500-ялдасаги цIикIкIун коррупционер.

Гьес хасго кIвар буссинабуна тамихIалде гъоркье царазда гъорлъ низам цIуниялъул идарабазул 800-ялдасаса цIикIкIун хIалтIухъан вукIиналде.
XS
SM
MD
LG