МагъчIваялъе рес

Украиналда протесталъул акциял


Украиналъул батIи-батIия шагьаразул къватIахъе аза-азар чи вахъаралдаса лъабабилеб къо букIана шамат къо. Гьел разиял гьечIо ЕвроЦолъигун асссоциациялъул къотIи-къай хъваялъул иш хIукуматалъ чIезе теялда. ЕвроЦолъиялъул байрахъалъ кодор ккурал демонстрантаз лъазабулеб букIана жидее къваригIун бугин эркенаб, европалъулаб ва демократияб улкаялда гIумру гьабизейин.
Акциял унел рукIана Киевалда, Львовалда ва Луганскалда. Киевалъул Майдан Незалежностиялда накIкIил гъветI лъолеб бугин абун ракIарарал нахъе къотIун руго низам цIунулез.
24 ноябралда Киевалда тIобитIизе буго евроинтеграциялъул рахъ ккураб митинг ва марш.
XS
SM
MD
LG