МагъчIваялъе рес

Гъизляралдаса нугIзал диванханаялъул процессалде ричlчIан гьечIо


Рузман къоялда МахIачхъалаялда ТIадегIанаб диванханаялъул процессалда гIахьаллъизе кколев вукIарав Гъизляралдаса щуго чи шагьар бахунеб бакIалда ккун полициялъ гьенире ричlчIан гьечIо. Гьел руго Гъизляралда вацал ХIамзатовал чIваялъул ишалда сверун нугIзал. Гьедин лъазабуна ХIамзатовазул адвокат МухIамадова Сапиятица, амма полициялъ абулеб буго жидеда гьеб лъугьа-бахъиналъул лъалеб жо гьечIин.
ХIамзатовазул лъабго вац ва яцалъул вас чIван рукIана 2012 соналъул 18 марталда Гъизляралда. Гьел чIваялъул гIайиб гIагараз гьабулеб буго Гъизляр мухъалъул бетIер Андрей Виноградовасул хъаравулзабазда.
Адвокаталъул рагIабазда рекъон, Гъизляралъул низам цIунулел идарабазул цо-цо хIалтIухъабаз хIинкъаби кьолел руго ХIамзатовазул гIагаразе.
XS
SM
MD
LG