МагъчIваялъе рес

Багъдадалда хун вуго 24 ва лъукъун вуго анцl-анцl чи


ГIиракъалъул тахшагьар Багъдадалда хун вуго 24 ва лъукъун вуго анцl-анцl чи шагьаралъул шигIитазул мухъалда чанго кьвагьи ккеялъул хIасилалда. Полициялъул баяназда рекъон, бищунго бидулаблъун букIун буго базаралда гьабураб кьвагьи. Гьениб автомашина кьвагьизабидал хун вуго 5 ва лъукъун вуго гIемерав чи.
ГIиракъалда гьединал кьвагьиял гIемерлъун руго исана апрель моцIалда улкаялъул шималияб рахъалда суннитазул протесталъул акциял къезаруралдаса нахъе. Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъул баяназда рекъон, гьелдаса нахъе улкаялда кьвагьиял гьаридал хун вуго 5500ялдаса цIикIкIун чи.
XS
SM
MD
LG