МагъчIваялъе рес

Казаналъул аэропорталда ратун руго «чIегIерал къалиял»


Москваялдаса Казаналде боржунеб букIараб Боинг 737 аэроплан. Ноябрь 18, 2013
Москваялдаса Казаналде боржунеб букIараб Боинг 737 аэроплан. Ноябрь 18, 2013
Казаналъул аэропорталда пассажирал рачIчIулеб лайнер бортараб бакIалда ратун руго «чIегIерал къалиял». Гьедин лъазабулеб буго ИТАР-ТАССалъ.
Жинда тIад вукIарав 50-цавго чи хавараб Боинг бортиялъе аслиял гIиллабилъун рикIкIунел руго техникиял гIиллаби, рес буго пилотаз гIалатI гьабун батизеги. Гьедин лъазабун буго Приволжьеялъул транспорталда цIех-рехалъул идараялъул нухмалъулев Александр Полтининица.
Лайнер бортун буго жиб рещтIунеб нухалде щвечIого. Гьеб ракьалда кьабидал цIа рекIун буго буго гьелда тIад букIараб цIатариялда. Гьеб радал гурони свинабизе кIун гьечIо. Авиадиспечераз бицун буго журналистазе пилотаз жидеда лъазабунин жидеда ракьалде рещтIине бажарулеб гьечIин ва гьелдаса хадубго абухъе гьеб бортунги буго.
Москваялдаса Казаналде боржунеб букIараб Боинг 737 аэроплан бортун букIана Казаналъул аэропорталда гьатIан къоялъул бакъанида. Гьелда тIад вукIана 44 пассажирги, экипажалъул анлъго чиги. Гьел киналго хун руго. Татарстаналда итни къо лъазабун букIана чIегIер баялъул къолъун.
XS
SM
MD
LG