МагъчIваялъе рес

ТIалибаз кьвагьиялъул жавабчилъи тIад босун буго


Шамат къоялъ Афгъанистаналъул тахшагьар Кабулалда бугеб «Лойя Джирга», ай КIудияб Шураялъул минаялда цебе бахъараб кьвагьиялъул хIасилалда цо чанго чи чIван вуго, ян лъазабуна гьатIан къоялъ гьеб улкаялъул тIадтараз.

Рагъулазул баяналда рекъон чIван вуго хъаравуллъи гьабурав цо аскарияв. Лъабгояв лъукъана. Reuters агентлъиялъул мухбирас абулеб буго жинда лъабго лъукъарав чи вихьанин.

ЦIех-рехалъул хIасилалда рекъон кьвагьулеб алат хIалтIизабуна живго жинцаго чIвазе хIукму гьабурас.

Гьеб кьвагьиялъул жавабчилъи тIад тIалибаз босун буго. БачIунеб анкьида гьенир рукIине ккола хIинкъи гьечIолъи цIуниялда бараб Кабулалъулгун Вашингтоналъул къотIи-къаялда хурхарал кIалъа-басаял.
XS
SM
MD
LG