МагъчIваялъе рес

Афгъанистаналда цIияб кьвагьи


Кутакалда гучаб кьвагьи бахъана Афгъанистаналъул тахшагьар Кабулалда бугеб «Лойя Джирга», ай КIудияб Шураялъул минаялда цебе.

Гьениб букIине кколаан хIинкъи гьечIолъи цIуниялда бараб Кабулалъулгун Вашингтоналъул къотIи-къаялда хурхарал кIалъа-басаял.

Цебеккунго гьабураб цIех-рехалъул хIасилалда рекъон кьвагьулеб алат хIалтIизабуна живго жинцаго чIвазе хIукму гьабурас.
XS
SM
MD
LG