МагъчIваялъе рес

Дагъистаналъ къарзалъе гIарац босана


Россиялъул Централияб банкалъул нухмалъулев хисулев Г.Лунтовский цIияб банкнотагун.
Россиялъул Централияб банкалъул нухмалъулев хисулев Г.Лунтовский цIияб банкнотагун.

Дагъистаналъул хIукуматалъ Сбербкалдаса къарзалъе 3 мрлд гъуруш гIарац босанилан лъазабулеб буго информалатаз. Гьеб хIалтIизабизе рагIула 2013 соналъ букIараб бюджеталъул тIалабал тIуразариялъул мурадалда.

ГIарац къарзалъе босула лъагIалил ахиралда гIарац дагьлъараб мехалъ. Гьедин гьабула щибаб соналъ ва гьеб цIияб къагIида гуроян бичIчIизабуна Россиялъул гIелмияб академиялъул гIалимчи, базаралъул проблемабазул институталъул эксперт, Михаил Чернышовас.

Гьесул рагIабазда рекъон гьединаб къагIида цохIо Дагъистаналда гуреб, гIемерисел дотацияз хьихьулел регионаз хIалтIизабула. Къарзалъе гIарац босула аслияб къагIидаялъ добго федералияб бюджеталдаса ялъуни цоги банказдаса.

Гьелдаго релълъараб пикру загьир гьабуна «Эркенлъи» радиоялъе бюджеталъулал гьоркьорлъабазул рахъалъ эксперт, экономист Туманянц Кареница.

3 млрд гъуруш гIарац гIемераб гьечIо, араб соналъ республикаялъул бюджет 7 млрд дефицитгун къабул гьабун букIанаян бицана гьес.

Карен Туманянц: «Регионалияб бюджет тIубазабулаго гIарац гIолеб гьечIони, гIемерисел регионаз къарзалъе гIарац босула. Цо-цо регионаз жидерго облигациял риччала, цогидаз федералияб бюджеталдаса гIарац босула жеги къарзалъе, щайгурелъул гьенисан босизе учузго буго.

Амма федералияб бюджеталъги ахираб заманалда гIарац кьоларо бокьарабгIан. Гьединлъидал батила Дагъистаналъул хIукуматалъ Сбербканкалдаса гIарац босараб.

Цойги нух буго гIарац къваригIарал регионазе. Гьеб ккола пачалихъияб буголъи бичун гьенисан гIарац боси.

Амма бокьарабгIан бичизе гIураб пачалихъияб буголъи гьечIо кибниги, гьеб ахирал саназ гIезегIан бичана, Дагъистаналда батаниги, Ставропольгун Астраханалда батаниги.

ТIокIаб батIияб къагIида хIалтIизабуларо регионаз. Бищунго лъикI букIинарищха гьединаб гIарац босизе ккараб хIалалде иш ккечIони, ккун хадуб гьединал тадбирал гьари гурони тIокIаб нух гьечIо.

Ялъуни дагьаб харж гьабизе ккола регионалъ, ялъуни цIикIкIун гIарац бикизе ккола. Гьеб буго бацIцIадаб математика, батIияб гIелму гьаниб гьечIо».
Бюджеталда гIарац камиялъул проблема гIемерисел регионазда буго.

Гьелъие гIилла буго федералияб централъ регионазда тIад гIемерал социалиял масъалаби тIад къай абун бицана Эркенлъи радиоялъе «Эксперт-Юг» абураб журналалъул нухмалъулев хисулев, экономист Проценко Николайица.

Проценко Николай: «ГьабсагIаталда гIемерисел, хасго Шималияб Кавказалъул регионазда буго гьединаб ахIвал-хIал. Бюджеталда гIарац гIоларого гьез къарзалъе гIарац босулеб буго.

Щибниги гIажаиблъи гьабизе ккараб жо гьениб гьечIо, щайгурелъул гьаб соналъул маялда Россиялъул парламенталъ къабул гьарурал къануназда рекъон регионалиял бюджетазда тIадкъан руго аслиял социалиял масъалаби ва гьел тIуразе ккани гIарац гIемер къваригIуна.

Гьеб къарзалъе босичIого тIокIаб рес гьечIелъул. Къарзал росиялъул къагIида цIакъ лъикIаб гуреб къагIида буго, щайгурелъул процентал рецIизе ккола жеги, гьелъ зарал гьабула.

Амма гьединаб буго Россиялъул хIукуматалъул бюджеталъулаб политика. ЧIванкъотIарал масъалаби регионалияб тIалъиялда цере лъолел руго федералияб централъ, гьел тIуразе рес бугищ гьечIищали халгьабичIого».

Дагъистаналдаса экономист, цевеккун Президентасул экономикияб советалда хIалтIулев вукIарав Михаил Чернышовасул пикруялда рекъон, гьабсагIат жеги цудунго буго къарзалъе гIарац босиялъул лъикIал ялъуни квешал рахъазул бицине.

Жибго гьединаб къагIида лъикIаб гьечIо, кидалъагIан Москваялде кверги битIун чIелел нилъ, амма жибго Москваялъги нилъеда цере цо-цо мехалъ тIуразе захIматал масъалаби лъолаян бицана гьес.

Дагъистаналъул магъалаби ракIариялъул идаралъ информалатазе лъазабухъе, исана республикаялда магъалаби ракIариялъул план цIикIкIинабун буго.

ЛъагIалил ахиралде республикаялъул бюджеталде щвезе ккола 20 млрд. гъуруш гIарцул. Араб соналда данде ккун гьеб гIемерго цIикIкIун буго.

ТIубазе бугищ гьеб план ялъуни гьечIищали жеги бицине захIмат буго. Амма лъагIалил ахиралда гьедигIан гIарац щвечIони, республикаялъул хIукуматалъ 3 мрлд гуреб, 10-гоялдаса цIикIкIун миллиард гIарац къарзалъе босизе ккезе бугоян бицана экспертас.
XS
SM
MD
LG