МагъчIваялъе рес

«Кинобоевиказдацин гьединал чIваял рукIунаро»


Чанги митингазде рахъана ХIамзатовазул гIагарал. 2012 соналъул 24 маялда тIобитIараб митинг.
Чанги митингазде рахъана ХIамзатовазул гIагарал. 2012 соналъул 24 маялда тIобитIараб митинг.

Вацал ХIамзатовал ва гьезул вацасул вас чIваялда тIаса иргадулаб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул тIадегIанаб диванханаялда.

РакIалде щвезабила, вацал МухIамад, ГIусман, Юсуп, Гъаздибир ХIамзатовал ва гьезул вацасул вас МухIамад ГIумаров чIвана гъоркьисала 18 марталда Гъизляралда ккараб кьабгIей-рагъалда.

Хваразул гIагарлъиялъ рикIунеб буго Гъизляр мухъалъул нухмалъулев Андрей Виноградовасул хъаравулзабаз чIванилан ХIамзатовал. Хъаравулзабигун ХIамзатовазул рагъ ккун буго автомобилал чIезарулел бакI сабаблъун.

Диванханаялда тамихI къотIизе буго Заирхан МухIамадгIалиевас, Залимхан МухIамадгIалиевасе, МухIамадхIабиб МухIамадовасе, Шамил МухIамадовасе, Садык МухIамадовасе ва Юсуп Шариповасе – гьел рехсаралщинал ккола Виноградовасул хъаравулзаби.

12 ноябралда тIобитIараб диваналъул данделъиялда сурав босана лъабго нугIасухъа. Гьел лъабалго ХIамзатовазул гIагарал чагIилъун ккола.

Гъази ГIабдурахIмановас бицана 2012 соналъул 18 марталда жиндир телефоналде ахIанин цингIал Юсуп ХIамзтовас. Гьес ГIабдурахIмановасда абун буго хех-гьабун жидер «Планета-люкс» тукеналде вачIаян, жидер дагIба кканилан Виноградовасул хъаравлзабигун.

Тукеналда гьев вачIиндал, гьесда вихьун вуго Гъазидибир ХIамзатов. Гьев вухун вуго, гьесул мегIер бекун букIанилан бицна ГIабдурахIмановас. Гьесул рагIабазда рекъон, гьес лъабго нухалда абун буго Гъазидибирида гIодове виччазе рокъове аян, амма гьесул гьариялда дос гIинтIамун гьечIо.

Гъазидибиргун хабарги дандккечIого ГIабдурахIманов чай гьекъезе ун вуго тукеналда аскIоб бугеб кафеялде.

Цодагьаб мех индал гьесда рагIун буго кьвагьдей. Тукадул минаялда жаниб бугеб химчисткаялде вортун вуго ГIабдурахIманов амма жибго химчисткаялде жаниве гьев вичан гьечIо Гъизляр мухъалъул админстрациялдаса хъаравулзабаз.

Гьел кьвагьдеял байибихараб мехалда тукеналде вачIун вуго ГIабдурахIмановасул васги. Хъаравулзабаздаги гIенеккичIого гьев вас жаниве ун вуго.

Химчисткадул кавуялдаса къватIире цогидал хъаравулзаби рачIарал мехалда живго ГIабдурахIмановги ун вуго химчисткаялде.

Гьесул рагIабазда рекъон, тIоцевес гьесда вихьун вуго чIварав цингIал МухIамад ва чIужуялъул вац МухIамад ГIумаров. ГIабдурахIмановас гьединго бицана цингIал Юсупов лъукъун вукIаниги кIалъазе кIолеб хIалалда вукIанилан.

Гьес бицун буго жинда кьвагьданин ГIамирпашал васаз. «Гьале гьадал кIигоял руго гьелин», - абуна ГIабдурахIмановас ва килищ битIана гIаийб гIунтIизабулезда гъорлъ ругел Заирхан ва Залимхан МухIамадгIалиеваздехун.

Диваналъул данделъиялда сурав босана НигIматула ГIабдурахIмановасухъа, гьев Гъазил васлъун ккола.

Гьес бицана тукада аскIов щолаго жинда вихьанин цо хъаравулугн кIалъалев эмен. Гьеб заманалда гьесда кьвагьдеял рагIун руго ва гьев векерана химчисткаялде жаниве.

Гьесул рагIабазда рекъон, гьесда вихьун вуго гьесул имгIалида автоматалъул приклад кьабулев гIаийб гIунтIизабулезда гъорлъ вугев Юсуп Шарипов. Гьесда аскIоре рукIана Садык МухIамадов ва МухIамадхIабиб МухIамадов илан бицана ГIабдурахIмановас.

Химчистика бугеб рукъалда жанир кьвагьдеял гьоркьоса къотIунел рукIун гьечIо ва гьениве векеризехъин вукIарав жив Садыкица чIезавунин автоматалдаса гIодобги кьвагьдонилан бицана ГIабдурахIмановас.

Гьесул рагIабазда рекъон, кьвагьдей лъугьараб мехалда химчисткадул рукъалда жаниса къватIире рачIана Заирхан ва Залимхан МухIамадгIалиевал ва цогидал хъаравулзабигун гьел нахъе ана.

Диваналъул данделъиялда 12 ноябраялда сурав босана гьединго Гъазидибирил вас ХIажимурад ХIамзатовасухъа.

Гьес бицана кьвагьдеял байбихьилалде цере живги имгIал ГIусманги химчисткаялъул рукъалда аскIоб бугеб цогидаб рукъалда жанире рукIанилан.

Кьвагьдеял рагIараб мехалда ГIусман къватIиве векарана, гьесда хадув живги вортанилан бицана нугI ХIамзатовас. Гьес бицана тIоцеве жинда эмен вихьанилан жиндирго чехьги. Гьесда аскIове ун вуго ХIажимурад ХIамзатов. Гьес тIаде жубана, жинда чIварал цогидал имгIалзабиги рихьанилан, вацгIалги вихьанилан.

Прокурор Вадим Латифовас нугIасда гьикъана, лъалищали гьесда дандечIей щиб сабаблъун байбихьарабали.

Гьес бицана Заирхан МухIамадгIалиевас жиндирго автомобиль чIезабунин тукеналъул автостоянкаялда ва гьесда Гъазидибирица абунин нахъе бачеян гьениса гьеб. Амма Заирханица нахъе бачун гьечIо машина ва гьелда тIаса байибихьанин дагIба-рагIи. Гьев хъаравулчияс эмен вухун вугин бицана нугIас.

Гьесие жеги суалал кьолел рукIана прокурорасги адвокатазги, амма жавабал кьезе васасда кIвечIо, гьесул ахIвал-хIал хисана тIубанго, кIалъазе кIолеб букIинчIо. РачIунел данделъиязда кьезе тейилан суалал илан абуна диванчи Закир Исрафиловас.

Гъази ГIабдурахIмановас абуна Эркенлъиялъе гьединаб лъугьа-бахъин ккеялда жив божулев вукIинчIилан.

Гъази ГIабдурахIманов: «Вацал вахIшияб куцалда чIвана. Гьединаб цогидаб лъугьа-бахъин ккун букIанилан Дагъистаналда дида рагIичIо жеги. Дагъистаналда букIараб жо гуро гьеб. Дида кколеб букIана дун цо киноялда, боевикаялда вугин.

Кинобоевиказдацин гьединал вахIшиял чIваял рукIунаро. Амма Дагъистаналда гьеб иш кканаха. Щай? Щайгурелъул гьеб такъсир гьабуразда ракIалда кколеб букIун батила ва гьанжеги кколеб батила бигьа-бигьаго тIасан ккелин гьеб такъсир.

Щай? Щай гурелъул Дагъистаналда кинабго жо бичизе-босизе бегьулелъул».

12 ноябралда тIобитIараб данделъиялда прокурорас диваничиясда абуна жеги 15 нугIасухъа сурав босизе кколилан, амма гьел рачIунед гьечIилан диваналъул данделъиялда.

Исрафиловас диваналъул приставазе буюрухъ кьуна цогидал нугIзал хIалгьабун речеян диваналде. Иргадулаб данделъи тIобитIине буго 22 ноябралда.
XS
SM
MD
LG