МагъчIваялъе рес

Филиппинабазе кумек щолеб буго


Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъ ахIи баленб буго Филиппинабазда букIараб тIабигIияб балагьалъул хIасилалда зарал ккаразе хIалае 297 миллион доллар битIизе.

Хехаб кумекалъул координатор Валери Амосица лъазабуна гьабсагIаталъ 24 миллион доллар щун бугин.

11 ноябрялъул сардилъ Россиялъ Филиппинабазде кIиго аэроплан битIана рекIарал тохтурзабигун ва хвасарчагIгун. Гьединго нухлул азарханаги битIун бугоан.
Цолъарал Штатаздаса Филиппинабазде бачIун буго Джордж Вашингтон абун цIар бугеб рагъулаб гама.

Пентагоналъ лъазабухъе филлиппинапазде хIалае щуазарго аскарив витIизехъин вугин.

Дагьалъ цебе Хайян абураб гьениб бахъараб тайфун улкаялъул тарихалда бищун гучаблъун рикIкIана гIалимзабаз.

Ахирисел баяназда рекъон тайфуналъул хIасилалда анцIазаргогIан чи къурбанлъун ккана, 600 азарго чи рукъ гьечIого хутIана.

Ралъдал карачелалъул борхали щуго метралде бахун букIана.
XS
SM
MD
LG