МагъчIваялъе рес

Терроралъул кьалбал кирехун ругел?


Араб анкьида жаниб Дагъистаналда хун вуго кIиго полициялъул хIалтIухъан, цо диванчи, цо бизнесчи, кьвагьизабун буго кванил нигIматал ричулеб тукен, гIадатиял гIадамазул хун вуго цо чи. Табасаран мухъалда унеб буго контр-терроралъулаб режим. Изну гьечIого яргъид гIуцIаразул цо чи чIван вуго гьенив. Республикаялда криминалияб ахIвал-хIал хисулеб гьечIо. Щив гIайибияв? Лъица гьабулеб бугеб квал-квал Дагъистаналда терроралъулаб къуват цIикIкIиналъе?

Араб анкьида жаниб Дагъистаналда хун вуго кIиго полициялъул хIалтIухъан, цо диванчи, цо бизнесчи, кьвагьизабун буго кванил нигIматал ричулеб тукен, гIадатиял гIадамазул хун вуго цо чи.

Табасаран мухъалда унеб буго контр-терроралъулаб режим. Изну гьечIого яргъид гIуцIаразул цо чи чIван вуго гьенив. Республикаялда криминалияб ахIвал-хIал хисулеб гьечIо. Щив гIайибияв? Лъица гьабулеб бугеб квал-квал Дагъистаналда терроралъулаб къуват цIикIкIиналъе?

Табасаран мухъалда тIобитIараб контр-терроралъулаб режималъул хIасилалда цо изну гьечIого яргъид гIуцIарав чIван вуго.

Дербенталда чIван вуго бизнесчи. Щалали лъаларел гIадамал кьвагьдон руго Шура-Озень хIорил рагIалда хъаравуллъиялда рукIарал чагIазде, чIварав чи гьечIо.

Полициялъул хIалтIухъабазул автомобилалда аскIоб ккараб кьвагьиялъул хIасилалда лъиениги зарал ккечIого хутIана.

Гьединал руго дагъистаналъул иноформ.алатаз тIиритIизарурал цIиял харбазул баян.

Гьелин абуни ккола гIицIго ахирисел кIиго къоялда жанир ккарал лъугьа-бахъинал.

Республикаялда криминалияб ахIвал-хIал хIалуцун букIиналде киналго ругьунлъун ругин абизе бегьула. Гьелъ щивиниги гIажаиблъизе гьавулев гьечIилан абулеб буго гIадамаз цоцазда гьоркьоб.

Щибаб анкьалъ Шималияб Кавказалда ккарал аслиял лъугьа-бахъиназул баян кьола цIияб анкьил байбихьуда Кавказ Узел сайталъ. Кидаго гIадин гьениб аслияб бакI ккун букIуна криминалиял темабаз ва кидаго гIадин гьезул цебесеб кьерда буго дагъистанги.

Полициялъул хIалтIухъабазул кIигояв чIавана араб анкьалъ. КIиявгоги цохIо къоялъ, ноябралъул анлъабилеб къоялъ чIвана цояв Гъарабудагъкент мухъалда, цогияв Гъизилюрт мухъалъул ЦIобокь-Миякьо росулъ.

Рузман къоялъ тахшагьаралъул МухIамад Ярагъиясул ва Котровасул къватIал цолъулеб бакIалда кьвагьизабуна кванил нигIматал ричулеб тукен.

Анкьида жаниб гьеб ккола лъабабилеб тукен. ТакъсирчагIи кквезе щун гьечIо.
Республикаялда цебегоялдаса хIалтIулеб буго терроралда дандечIараб миллияб комитет, гьединго президентасда цебе гIуцIараб терорралда дандечIраб коммиссияги.

Гьел гIуцIабазул хIаракатчилъиялъул гьабулеб хIалтIул хIасил гьечIолъи кколищ республикаялда лъугIулел гьечIел терактазул рахасилан абураб суал кьуна «Эркенлъи» радиоялъ Сайдаев Исламие. Шималияб Кавказалда экстремизмалдагун-терроризамалда данде къеркьолеб комитеталъул вакил ккола гьев.

Исламица рикIкIунеб буго Дагъистналъул цIияв нухмалъулев ГIабдулатIипов Рамазаница террор лъугIизабиялъул мурадалда гIемераб хIалтIи гьабулеб бугин, амма гьесие квал-квал гьабулел чагIи гIемерал ругилан:

Сайдаев Ислам: «Гьедин ахвал-хIал хIалуцун бугеб мехалда гьелъие квербакъуле гIадамалаги дагьал рукIунаро гьел дагьал гьечIо гIабдулатIиповасда сверухъги, цохIо дагъистан бахун гурелги, россиялда жанирго руго гьел.

Цого-цо рагъул къуваталдалъун гурони терроралда дандечIей гьабун бажаруларилан аби мекъи буго, гьениб хIажалъула политикиябги хIалбихьи ва гъваридаб лъай, гьеб кинабго буго ГIабдулатIиповасухъ.

АхIвал-хIал гьединго хIалуцинабун буго Сочиялда Олимпиада байбихьизе гIагарлъулеб заманалда терроралъулаб гуч цIикIкIун букиналъги, гьелъги хутIа-хутIарабги хIалуцинабун буго иш.

Кин бугониги дун божула Дагъистаналъухъа гьеб захIматаб заманалдаса борчIизе кIвелилан, гьелъие гIураб хIалбихьи буго Чачаназул республикаялъул ва ниж хIадурал руго гьеб рахъалъ кIвараб кумек гьабизе дагъистаналъе».

Дагъистаналда криминалияб ахIвал-хIал хIалуцун гурони лъугIизе гьечIеблъи жинца лъагIелалъ цебего абулеб бугин, абун течIого ахIицин банилан бицана «Эркенлъиялъе» жамгIияв хIаракатчи, полициялъул хIалтIухъабазул ихтиярал цIунулеб идараялъул нухмалъулев Шамилов МухIамадица.

Республикаялда кьвагьиялги чIвай-хъвеялги лъугIизаризе ГIабдулатIиповасе квал-квал гьабулеб бугин Москваялъилан абулеб буго Шамиловас:

Шамилов МухIамад: « Президент хачадулев вуго къанун цIунулел идараби хIалтIулел гьечIилан, нуж гьедин хвелалилан тIад белъанхъулеб доба Москваги буго».

ЭР: «ГIабдулатIипов нухмалъуде вачIиндал гьесде хьул гьабун букIана гIемерав чияс…

Шамилов МухIамад: « Я дир гьудулзаби, ГIабдулатIипов вачIаниги, Шамилил МухIамад ялъуни ГIали-ГIумар вачIаниги щибниги хисуларо гьаниб Мокваялъ гьелъие кумек гьабичIони.

ТIоцебесеб марталда Москваялда тIобитIараб нижер профсоюзалъул данделъиялда абун букIана дица ГIабулатIиповасул рахъ дагъистаналъул жамагIаталъ тIасанги кIанцIун кколин, Москваялъулги мугъчIвай къваригIунин.

Гьеб марталдаса нахъе ичIабго моцI унеб буго, довго жанисел ишазул министрги, прокурорги диванчагIиги руго. Гьелги хIалтIичIони кинан ГIабдулатIиповасухъа хIалтIи гьабун бажарилеб?»

Республикаялда цIикIкIунел ругел кьвагьиязулги чIвай-хъвеязулги хIакъалъулъ суал борхун букIна ГIабдулатIиповас 1-себ ноябралда терроралда дандечIараб коммиссиялъул данеделъиялда, амма дагъистаналда тероралъулаб хIалуцин цIикIкIунеб букIиналъе гIайибияллъун республикаялъул нухмалъулес рикIкIунел руго лъай кьеялъул идараби.

ГIадлу-низам цIунулел идарабазул хIалтIухъаби какулин гIемерисез, амма гьел какилалде цере цин лъай кьеялъул иш кин гIуцIун бугебалиги балагьизе кколин. Школа лъугIун хадубги батIи-батIиял махщелал малъун, данделъаби тIоритIун лъимада хадуб халкквей чIезабун букIунаанмн советияб заманалда.

Гьанже жидедаго тIадал дарсалги кьун гьел ричча-рихъан тун руго. Гьелъ лъималги къваригIел гьечIебщиналда хадур унел ругин, гьезие кьолеб тарбияги цIакъго загIипаб бугин.
XS
SM
MD
LG