МагъчIваялъе рес

Ираналъ ва МАГАТЭ-ялъ къотIи гьабун буго


Атомияб энергиялъул суалазул рахъалъан халкъаздагьоркьосеб агентлъиялъ ва Ираналъул тIалъиялъ гъулбасал лъуна цадахъаб къотIи-къаялда гъоркь.

Гьеб хурхараб буго Ираналъул атомияб программаялъул дагIбадул суалазда.
Гьеб къотIиялъ халкъаздагьоркьосел инспекторазе изну кьолеб буго Арака ва Гачин абулел бакIазде рачIун цIех-рех гьабизе.

Гьадин лъазабуна Тегераналда тIобитIараб пресс-конференциялда рехсараб агентлъиялъул бетIер Юкия Аманоца.
XS
SM
MD
LG