МагъчIваялъе рес

Украиналъул парламенталда цо пикруялде рачIинчIо



Украиналъул ТIадегIанаб Радаялъул депутатазда рузман къоялдаги бажаричIо цо пикруялде рачIине, экс-премьер Юлия Тимошенко сах гьайиялъе Германиялде йитIизе изну кьеялъул суалалда хурхун.

Киевалъе Евроцолъиялъиялъулгун ассоциациялъул къотIи-къаялде босизе бокьун батани, гьелъ анкьалда жаниб хIукму гьабизе кколеб буго Тимошенкол суалалда хурхун. Гьедин лъазабун букIана Евроцолъиялдаса вакилзаби хIисабалда парламенталъул данделъиялде рачIун рукIарал Польшаялъул вукIарав президент Александр Квасьневскиясги Европарламенталъул бетIерлъун вукIарав Пэт Коксицаги.

Тимошенко туснахъалда йиго 2011 соналдаса байбихьун. Гьелъие премьералъул хъулухъалъул тIадкъаязул гIорхъаби рахун россиялъулгун газил контрактал гьариялъул гIайиб гIунтIизабун, диваналъ бихьизабуна туснахъалъул 7 сон. Евроцолъиялъ Юлия Тимошенко рикIкIуеней йиго политикияй туснахълъун.
XS
SM
MD
LG