МагъчIваялъе рес

Пакистаналъул талибаз вищана бетIер


Пакистаналъул талибаз дагьалъ цев чIварав ХIакимулла Мехсудил бакIалда жидерго лидерлъун вищун вуго Мулла Фазлулла. Гьев гьанжелъезегIан вукIун вуго Сват къварилъиялъул талибазул бетIерлъун.

Лъазабулеб буго, гьес кьунин лъай кьеялъул рахъалдаса бихьиназда ращIадал ихтиярал ясазеги рукIине кколин интеренталда хъварай I6 сон барай Малала Юсафзай чIваялъул буюриян.
XS
SM
MD
LG