МагъчIваялъе рес

Депутатаз нахъ чIвазехъин буго СМИялъул къануналъул проект


Пачалихъияб Думаялъул информациялъулаб политикаялъул, и нформациялъул технологиязул ва бухьеналъул комитеталъ депутатал ахIана къватIисл улкабаздаса гIарац щолел информ алатал «къватIисел пачалихъазул агенталлъун» рикIкIунеб къануналъул проект нахъ чIваялде.

Гьединаб къануналъул проект хIадур гьабун букIана «Единая Россия» партиялъул депутатазул къокъаялъ, цебе къватIисан гIарац щолел коммерциялъула гурел гIуцIиял «къватIисел пачалихъазул агенталлъун» рикIкунеб къанунгогIадин.

Документ нахъ чIван хадуб, «Интерфакс» агентлъиялъе комментариял гьарулаго, думаялъул комитеталъул бетIер Алексей Митрофановас лъазабун буго, гьелда нахъ бугин политикияб магIнайин. Гьеб жидеца къабул гьабуни, багъаризе бегьулин кIудияб ахIи-хIурин, НКОязда хурхун къанун къабул гьабураб мехалда гIадинин.
XS
SM
MD
LG